МагъчIваялъе рес

Кундуз шагьаралъул госпиталалда 19 чи чIван вуго


«ГIурхъаби гьечIел тохтурзаби» абулеб халкъаздагьоркьосеб гIуцIиялъ чIван къотIун какана Афгъанистаналъул Кундуз шагьаралда бугеб азарханаялде гьабураб гьужум. Гьелъул хIасилалда ичIгогIан чи чIван вуго. 37-гояв лъукъана.

Гьездаса 19-гояв захIматаб хIалалда вуго. Рехсараб гIуцIиялъ загьирабураб лъазабиялда абун буго америкалъул ва афгъанистаналъул аскариязе гьеб медикияб идараялъул мухIканал координатаби кьун рукIанин, аммаила гьелда балагьичIого гьелдаса нахъе цо сагIаталда жаниб гьужум халат бахъулаанин.

Афгъанистаналда ругел Цолъарал Штатазул аскариязул командованиялъул вакил полковник Брайан Трибусица шамат къоялъ дурус гьабуна, госпиталь бугеб бакIалда Америкалъул авиациялъ гьужумал гьарун ругин абун.

Афгъанистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул информациялда рекъон госпиталалда тIалибазул къукъа букIанин ва гьел киналго, чIван ругин. ГIага-шагарго 15 тIалиб.

XS
SM
MD
LG