МагъчIваялъе рес

Къадыровасе бокьилаан Сириялде чачанал ритIизе


Чачан республикаялъул бетIер Рамзан Къадыровас Россиялъул президентасдехун вуссун, гьарана Сириялде чачаназул хасал хъулухъчагIи риччайилан Исламияб пачалихъалде данде бачунеб рагъулъ гIахьалъизе гIоло. Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъул баяналда рекъон Сириялда ракьул рагъулаб операция тIобитIизе гьечIин, гьениб гIицIго Россиялъул авиация хIалтIизабизе бугин.

XS
SM
MD
LG