МагъчIваялъе рес

А.Гъани "Афгъанистаналда жанисеб дагIба гьечIин"


Афгъанистаналъул президент Ашраф Гъаница хамиз къоялъ Кабулалда тIобитIараб пресс-конференциялда абуна, тIалибаз бахъараб Кундуз шагьар хIукуматалъул аскарияз жидерго контролалде нахъе буссинабун бугин. Гьеб жанисеб дагIба гурин, тIаде жубана Гъаница, гьеб бугин халкъаздагьоркьосеб террористикияб гIуцIиялъ гьабулеб ишилан. Гьенир гIемераб къадаралда ругин узбекалги чачаналги ва гьез гIамал гьабулеб бугин улкаялда питна гьабизе.

Афгъанистаналъул улка цIуниялъул министерлъиялъ хамиз къоялъ лъазабуна, хIукуматалъул аскариязда кIванин Кундуз шагьаралдаса тIалибал нахъе гъезе. ЧIван вугин 130-гIан тIалиб. Амма Рейтер агентлъиялъе интервью кьолаго къеркьохъаназул вакилас гьеб лъазаби нахъ чIвана. Гьес абуна, тIалибаз Кундуз шагьаралъул кIудияб бутIаялда тIад контроль гьабулеб бугин.

XS
SM
MD
LG