МагъчIваялъе рес

18 сон барал щай ахIулел гьечIел Россиялъул армиялде?


ТIоцебесеб октябралда Россиялда байбихьана гIолохъаби армиялде ахIиялъул тадбир. ТIубараб Россиялдаса рагъулаб хъулухъ тIубазе исана ине вуго 147 азарго гIанасев чи. Дагъистаналдаса ритIулезул къадарги цIикIкIинабун бугилан абулеб буго республикаялъул рагъулаб комиссариаталъ. Аслияб къагIидаялъ кинал гIолохъаби тIаса рищулел ругел рагъулаб хъулухъ тIубазе ва армиялде гIолохъаби ахIиялъул тадбир унеб куцалъул цIех-рех гьабуна нижеца.

Исана хаслихъе Дагъистаналдаса армиялде ине вуго 1500 гIолилав. Гьединаб баян кьуна «Эркенлъи» радиоялъе республикаялъул рагъулаб комиссариаталдаса. Гьеб къадар дагьаб цIикIкIун бугин цебеялде дандеккунилан абулеб буго армиялде гIолохъаби ахIиялъул бутIаялъул нухмалъулев Явнус Джамбалевас.

Рагъулаб хъулухъ тIубазе унезда гьоркьор аслияб куцалда ругин тIадегIанаб цIалул идара лъугIарал, автомобиль бачине ихтияр кьолеб документ щварал ва гьединго кинаб бугониги махщалие куцарал гIолохъабиян абулеб буго Джамбалаевас.

Ахирал соназда Дагъистаналдаса 18 сонил ригьалде рахарал гIолохъаби нагагьги ритIулел гьечIо армиялде. ХIатта гьезда гьоркьор руго ине бокьун ругониги рагъулаб коммисариталъ гьаб доб багьанаги батун нахъчIваралги. Гьелъул хIакъалъулъ «Эркенлъи» радиоялъ цебеги чанцIулго бицун букIана. Явнус Джамбалаевас абулеб буго 18 сон баралги ритIулила жидеца, амма аслияб куцалда тIасарищулила цIикIкIараб ригьалъул гIолохъаби. Гьелъие гIилла щибалан гьикъидал гьадин бицана гьес.

Явнус Джамбалаев: «ТIоцебесеб иргаялда нижеца армиялде унел гIолохъабазда гьоркьор тIаса рищула тIадегIанаб лъай ва автомобиль бачине куцарал гIолохъаби. Гьединаб буюрухъ буго улка цIуниялъул министерлъиялъул.

Хас гьабун тIадегIанаб лъай щварал гIолохъабазда щай тIадчIей гьабулебан гьикъани, гьеб бичIчIчIулеб жоги буго. Щайгурелъул гьев вукIона гIакълуги цIубарав, лъайги щварал, рагъулаб низамалъе хеккого ругьунлъулев ва бокьараб рагъулаб техникаялъул балъголъабиги хеккого росизе кIолев гIолохъанчилъун.

18 сон баралги рачуна нижеца. Амма, гьабсагIат рагъулаб хъулухъ цохIо лъагIалица гурони букIонарелъул лъагIалида жанив гьев рагъулаб гIелмуялъе куцазе захIмалъула, гьединлъидал гьев цевеккун гьанивго куцазе ккола нижеца, хадуб армиялда гьеб кинабго хIалтIизабизе бигьа букIине».

Явнус Джамбалевас тIаде жубана Дагъистаналдаса гIолохъабаз хъулухъ тIубалел бакIазул география гIемерго кIудияб бугилан, Дальний Востокалдаса бахъарал, цIорораб Сибиралде ва Калининградалде гIунтIун. Амма кин букIаниги 18 сонил ригьалде рахарал гIолохъаби цере гIадин армиялде рачунел гьечIилан абураб баян «Эркенлъиялъе» тасдикъ гьабуна чанги чияс.

Гьезул гIемерисезе бокьичIо жидерго гьаракь хъвазе. Амма чанго нухалда военкоматалде жалго лъикIал рахъун аниги, ниж армиялде рачеян гьарун абуниги нахъчIванин жалилан абулеб буго гьез. Щай ахIвал-хIал гьединаб бакIалде ккун бугебалин абураб суал рагьараблъун хутIулеб буго.

Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъ гьениб жаниб кIудияб гъалатI биччалеб бугин, армиялда хъулухъ гьабизе гIураб ригьалде вахарав гIолилав нахъчIвазе гьезул ихтияр гьечIилан абуна жиндирго пикру загьир гьабулаго, ЖамгIияб Палатаялъул вакил Шамил Хадулаевас.

Шамил Хадулаев: «Дида лъаларо сунде мугъчIвайги гьабун гьез гьединаб тIасабищи гьабулебали, амма дица гьелъул рахъкколаро, гьеб битIун гьечIо. Рагъулаб хъулухъ тIубазе ккола балугълъиялде вахарав кинавго чияс. Мисалалъе армиялдаса вуссаравго гьесие щвезехъин буго цо лъикIаб хIалтIи, амма гьев нахъчIвалев вуго дур рагъулаб билет гьечIилан. Гьеб битIунишха букIине бугеб?».

Чанго соналъ цебе кIудияб ахIи хIур бахъараб хIужа букIана Дагъистаналдаса гIолохъабаз рагъулаб хъулухъ тIубалеб бакIалда гьарулел тIасанккарал ишазул хIакъалъулъ. Россиялъул цогидал регионаздаса гIолохъаби кьабун, гьезул черхалда ​Даг - Сила абураб хъвай-хъвагIаял гьарун ва гьеб гуребги инжилъи хIалтIизабурал сураталги, видеороликалги рукIана церегIан соназ социалиял гьиназда тIиритIун. Ахираб соналда гьениб кинаб хиса-баси бугебилан гьикъидал гьадин бицана Янус Джамбалаевас.

Явнус Джамбалаев: «Нижеца гьелда хурхун гIемерал хIалтIи гьабулеб буго, гьелъие нижее кумек гьабулеб буго батIи-батIиял жамгIиял гIуцIабазги. Узухъда, нилъер гIолохъабаз рагъулаб хъулухъ тIубазабулеб киналго бакIазде щун гьезда хадуб халккун нижехъа бажаруларо, амма гIемерисеб бакIалда нилъер гIолохъабаз ракIбацIцIадго тIубазабулеб буго хъулухъ.

Рагъулал бутIабаздаса гьезул рахъалъ рачIунел харбалги ниж рохизарурал руго. Батила гьениб гьоркьоб нилъераз гIадлу хварал жал гьарулел ругилан абураб цо гьитIинаб процент, амма гьеб бицинегIанасеб гьечIо.

Армиялдаги гьабсагIат парахатаб ахIвал-хIал гьечIо, гIемерал хиса-басиял унел руго. Амма нахъойги абила нилъер гIолохъабаз хъулухъ мустIахIикъаб къагIидаялъ тIубазабулеб буго»

Дагъистаналдаса армиялде хъулухъ тIубазе унел гIолохъаби гьенире уна, гьениса руссаралго цо сахаб бакIалда хIалтIи щвезе букIине рагъулаб билет щвезе гIололъун. Гьелъие гIоло уна тIадегIанаб цIалул идара лъугIун хадубги 25 сонил ригьалде рахунел гIолохъаби рагъулаб хъулухъ тIубазе. Амма ахирал соназул практикаялъ бихьизабуна рагъулаб билет щваниги киназего жидеца анищ гьабулеб букIараб хIалтIи щолеб гьечIолъи.

Гьединлъидал гIемерисел армиялдаса руссаралго контрактги хъван гьенирехъанго уна тIадруссун ялъуни армиялъул болжал лъугIилалдего цIияб контрактги хъван хъулухъ тIубазабулеб бакIалдаго чIезе хIукму гьабулеб буго гьез.

XS
SM
MD
LG