МагъчIваялъе рес

Нахъеги къватIазде рахъарал маршрутчагIи


МахIачхъалаялда хIалтIуде рахъинчIогон, рази гьечIолъиялъул тадбир лъазабун буго маршруталъул таксиялъул хIалтIухъабаз. Гьелъие гIиллалъун ккун буго хIалтIухъабаз гьанже магъалабигун цадахъ, цебего гIадин, администрациялъе гIарацги кьезе кколеб букIин. Шагьаралъул транспорталъул гIуцIиялда гьеб гали баян гьабулаго абулеб буго сурсатал хIалтIухъабазе квегIенлъаби чIезариялъе харж гьаризе ругилан. Амма 17 соналъ халатбахъун гьеб гIарац хIакимзабазул чунтбухъе унеб бугин, хадубккунги гьеб хIал хиси щакаб бугилан рикIкIунеб буго транспорталъул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулес.

ТIоцебесеб октябралъул радалалдаса бахъун 60 проценталдаса цIикIкIун маршруталъул таксиялъул хIалтIухъаби рахъун гьечIо хIалтIуде МахIачхъалаялда. БачIиндаго рази гьечIолъиялъул тадбир лъазабуна 69, 12, 4, 19, 3а, 2 маршрутазда хIалтIулез, къадеялде гьезде гъорлъе журана цогидал маршрутазул хIалтIухъабиги.

Шагьаралда гIадамазе гIемерго лазатбахъиял ккун гьечIо, цо-цо маршруталъул таксиял ва автобусал хьвадулел рукIиналъ. Амма хIалтIуде ва цогидал хъулухъаз унезе гIемерго квекIенал ккун руго.

Сунца тIамурал маршруталъул таксиялъул халтIухъаби гьеб тадбир тIобитIизеяли баян гьабулаго, 3а маршруталда хIалтIулев МухIамадсултан Абакаровас абулеб буго 2015 сон байбихьаралдаса жидеда тIадаблъун гьабунила МахIачхъалаялъул администрациялъ Магъалабазул идараялда хъвай-хъвагIай гьабун, индивидуалияв предприниматель вугилан абураб кагъат гьабизе, амма гьанже гьелда тIадеги, цебего гIадин моцIи-моцIие кьолеб букIараб гIарацги кьезе кколеб буго «МахIачхъалаавтотранс» гIуцIи биххун гьабураб цIияб «Горавтотранс» абураб гIуцIиялъе.

Цебе жидехъа босун толеб букIун батани 3100 гъурущ, гьанже жидеца моцIи-моцIие кIиго бутIа кьезе кколеб бугилан баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

МахIамадсултан Абакаров: «Нижехъа бахъулеб буго гIарац. 3100 гъурущ кьола нижеца я тIад багьа хъвачIеб, я кодобе чек кьолареб тIамачалъухъ, путевкаялъухъ. Гьанже гьелда тIадеги нижеца гьабизе кколеб буго индивидуалияв предприниматель вугилан хъвай-хъвагIай ва магъалабиги кьезе кколел руго».

ГIаммаб куцалда 5000 гъурущ кьезе кколеб буго маршрутчагIаз гьанже моцIи-моцIие.

Рази гьечIолъиялъул тадбир лъазабуразухъе рачIарал «Горавтотранс» гIуцIиялъул вакилзабаз бицухъе, гьеб гIуцIи кколеб буго цIияб, ва цебе букIараб «МахIачхъалатранс» гIуцIиялъул иш гьезда лъалеб гьечIо.

Щай магъалаби кьолел ругеб заманалда цадахъго гьез администрациялъе гIарац кьезе кколебин цIехедал, Горавтотрансалъул вакил Камиль МухIамадовас бицана гьеб гIарац харж гьабизе бугин хIалтIухъабазе чIейи гьабулел бакIазда квегIенлъаби гьариялъе.

Камиль МухIамадов: « Киналго ИП бугел чагIаз кьезе ккола магъалаби. Горавтотрансалъе бокьун буго тартиб чIезабизе. ГьабсагIат гьез моцIие 1100 гъурущ кьолеб буго магъало, 1800 гъурущ унеб буго пенсиязул отчислениязе цинги 2000 гъурущ кьезе кколеб буго Горавтотрансалъе. Гьеб 2000 гъурущ щайин кьезе кколебилан абун буго жакъа гьаб тадбир.

Щибаб маршруталда хIалтIулезул буго маршруталъулаб кагъат, гьелъухъ кьола гьеб 2000 гъурущ. Гьеб гIарцуде нижеда ракIалда буго маршруталъул таксиязул чIейиял ругел бакIал къачIазе, хъил тIун ва гьенир квегIенлъаби гьаризе руго».

ЧIейи бугел бакIазда жидецаго, щибаб маршруталъул хIалтIухъабаз къачIалин абулеб бугин, амма гьеб чIейи гьабизе бекI ижараялъ босизецин щолеб гьечIин жакъа МахIачхъалаялда, гьелъ гIакIаби рахъулин гьел чIун ратидалин абулеб буго Горавотранс гIуцIиялъул нухмалъулев Спартак Рабадановас. Жакъа къоялде азаргоялдаса цIикIкIун чи вугила Магъалабазул идаралда хъвай-хъвагIай гьабурал хIалтIухъабазул.

Рази гьечIолъиялъул тадбир лъазабураз гьединго бицана рекIадухъ багьа бахинабиялъул хабар гьечIин ва гьеб бахинабизе гьечIин, хIатта гьеб дагьцин гьабизе бокьилаанин жидее, гьеб Горавтотрансалъе кьолеб гIарац нахъе бахъулебани. Ункъазаридаса цIикIкIун маршруталъул такси бугин хIалтIулеб шагьаралда. Гьезухъа моцIие гIага-шагар 8 миллион гъурущ бакIарулила гьеб гIуцIиялъ ва гьеб гIарац кибе унебали бичIчIуларин абулеб буго хIалтIухъабаз.

МухIамадсайгид МухIамадов: « Нижер маршрут бугеб бакIалда жидецаго гьабизе щай толареб квегIенлъи. КвегIенлъи абулеб буго гьез транспорт чIолеб бакI битIизаби. Нижеде тIадецуй гьабулеб буго, рази гьечIев ватани бокьаралъуве айилан абун.

Нижер суал буго цо: кибе унеб бугеб гьебщинаб нижехъа бакIарулеб гIарац. Бокьаралъуре айилан абулеб буго, кире? Рохьорейищ инел ниж? Яги гьардезе чIезейищ инел? Гьеб гIуцIиялда жакъа руго 98 хIакимчи хIалтIулев. 98 хIакимчи хьихьулев вуго нижеца.

Щай гьел хIажат ругел. ГьабсагIат нижерго тарнспорталда, нижецаго къачIан хвараб алатгун хIалIулел чагIаз, гьеб гIарац кьезе рази гьечIо ниж. Гьаб тадбирги гьеб нахъбахъизегIан халатбахъинабизе ракIалда буго».

Транспорталъул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев ГIисалмухIамад Набиевас «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна 17 соналъ халатбахъунеб бугин шагьаралда хьвадулеб транспорталда хурхен бугел хIакимзабаз миллиардал чвантинир лъей. Кибго хъвай-хъвагIай гьечIого, кибе унебали лъаларин гьеб МУПалъ бакIарулеб гIарац.

ГIисалмухIамад Набиев: «АнцIила хадуб соналда жаниб анцI-анцI миллиард гъурущ кибе арабали лъачIого тIагIинабулеб буго. Токалъухъ гIарац кьолаго кодобе кьола гьеб гIарац духъа ин тасдикъ гьабулеб квитанция. Гьезухъа уна бакIарун гIарац, хадубккун гьеб кибе унебали лъида лъалеб. ЛъагIалида жаниб Магъалабазул идараялде ине кколеб миллиард гъурщидаса цIикIкIараб гIарцул бакIалда гьенибе унеб буго 20 миллион гъурущ лъагIалие.

ХутIараб гIарац гьанже лъагIан кибе араб, гьенибего гьанжеялдаса хадубги ине буго гьеб. Гьеб тадбир лъазабуразул рахъ ккола дица тIубан. Шагьаралъул администрациялъ кьучI гьечIел жал абулел руго жалго ритIухъ гьаризе, амма юридикияб лъай бугев бокьарав чиясда гьел гьаднгоял харбал рукIин бичIчIула. Биччанте къанунияб хIалалда букIине иш, хIалтIухъабаз гьеб гIарац кьезе кколеб батани, рагьун банкалда счетгун, гьенибе рехизе ва бихьизе букIине кибе, сунде гьеб гIарац харж гьабулебали».

Рази гьечIолъиялъул тадбир кида лъугIизе тезе бугебали цIехедал, маршруталъул таксиялъул хIалтIухъабаз баян гьабуна гьеб халатбахъинабизе бугин жидер тIалабал рагIун, цо кьучIаб хIасилалде рачIинегIан. 2 окябралдаги жал хIалтIизе рахъинчIогон рукIине рес бугила, жидер тIалабал тIурачIони.

XS
SM
MD
LG