МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда къанунияб гуреб хIалалда хIалтIулеб гIи-боцIи хъолеб бакI


МахIачхъалаялда шагьар бакьулъ бугеб гIи-боцIи хъолеб бакI, диваналъул хIукмуялда рекъон къазе бихьизабураб бугониги, хIалтIулеб буго. Жалго хIалтIухъабаз абулеб буго жидеца гьабсагIаталда гьан бичулеб бугин ва хъолел жал гьечIилан. Гьеб бакIалда гIумру гьабун ругел гIадамаз гIи-боцIи хъолеб бакIалда хурхун гIарзал рахъулел ругониги, гьединаб бакI хIажат бугин шагьаралъейилан абулеб буго.

МахIачхъалаялда Имам Шамилил цIаралда бугеб къватIалда бугеб гIи-боцIи хъолеб бакI заманаялъ къазе хIукму къотIун букIана диваналъ Дагъистаналда бугеб Роспотребнадзоралъул гIарзалда рекъон 18 июлалъ.

Роспотребнадзоралъул хIалтIухъабаз гьеб бакIалда тIоритIарал халгьабиязул хIасилалда тIатинарун руго гIунгутIаби: гIи-боцIи хъвеялъе кколел шартIал чIезарун гьечIолъи ва хIалтIухъабазул медикияб халгьаби тIобитIиялъул документал ратичIолъи.

Киналго гIунгутIаби тIагIинаризегIан гьеб бакI къан букIине кколеб букIун буго, амма бакIалъул гIадамаз абулеб буго официалияб куцалда къан бугилан букIаниги гьанже гьеб хIалтIулеб бугилан.

Сверун къан, тIад тIадхъел гьабураб, тIубан бан бахъинчIеб мина гIадинаб бакIалда кIичIазда рарал гьанал рутIби, гьенибго цо бокIинилъ чIагояб чахъуги - гьединаб сурат буго жакъа гIи хъолеб цехалда. Гьан босулей гIаданалъ баян гьабуна анцIго соналдасаги цIикIкIун заман бугин гьеб бакI хIалтIулелдаса ва базаралдаса кинаб бугебали лъалареб босизегIан, гьенисан босизе бокьилин гьанилан.

Цехалъул хIалтIухъан Ильяс Ибрагьимовас баян гьабухъе, гьабсагIат гьел официалияб куцалда хIалтIулел гьечIо, амма гIагараб заманалда тIубараб къуваталда хIалтIизе бугила гIи-боцIи хъолеб бакI, официалияб куцалда киналго гIунгутIаби тIагIинаридал.

АнцIго соналдасаги цIикIкIун заман бугин гьеб бакI хIалтIулелдаса, амма хIакъикъаталдаги тIалъиялъе ва батIи-батIиял идарабазе къанун чIезабун, гIадамазе квегIенлъи букIинабизе хIажат букIарабани, гьеб бакI къачIогон квербакъи гьабизе ккелаани, щайгурелъул исламалъул шартIазда рекъон, чIагояб гIиялъажо бусурбан чияс жинцаго хъвезе кколин масала хIакъикъалъе, гьеб гьабизе рес гьечIин МахIачхъалаялда ва жидер цехалда букIанин гьединаб ресин баян гьабуна гIи-боцIи хъолеб цехалъул хIалтIухъан Ильяс Ибрагьимовас.

Ильяс Ибрагьимов: «Байбихьудасаго гьаб бакI хIалтIулеб букIана аслияб куцалда бусурбабазул хIажатал тIураялъе. Шагьаралда вугев чиясе лъимер гьабидал хIакъикъ хъвезе кканани чIагояб гIиялъа жо босизе рес гьечIо шагьаралда, гIодоркъояз Шамхалалда букIунеб базаралде ун яги хъутабазде ун балагьизе ккола чияс хъвезе жо.

Гьелдаса хадубги гьеб хъвезе бакI, рагьда яги къотIноб хъвзе кколеб буго гьеб. Нижеца чIезарулаан гIиял ва чи хваниги, лъимер гьабуниги, чи вачIунаан нижехъе, бищулаан чахъу ва босун гьанибго хъолаан, гьанир гьелъие киналго шартIал чIезарунги руго.

ГьабсагIаталда гIадамал рачIунел руго кире инелали цIехезе хъвехе куй, чахъу балагьизе. Дагъистаниял, 90 проценталдасаги цIикIкIун бусурбаби ккола ва суннат тIубазабизе, чIагояб чахъу босизе рес кьолеб бакI шагьаралда тIокIаб гьечIо»

«Эркенлъи» радиоялъул мухбиргун гIи-боцIи хъолеб бакIалъул бетIергьангун букIараб кIалъаялда гьес лъазабуна гIагараб заманалда жанир киналго гIунгутIаби тIагIинаризе ругилан, гьабсагIаталда гьеб бакI гIицIго гьан бичулеб бакI гIадин хIалтIулебги бугила.

ГIи–боцIи хъолеб бакIалда сверун гIумру гьабун ругел гIадамазул аслияб къадаралъ баян гьабуна кинабгIаги тIасанкIалъай гьеб бакIалда хурхун жидер гьечIилан. Цебе-цебеялде данде ккун, гьенир ахираб заманалда, шартIалги лъикIлъизарун ругила.

ДандбитIун бугеб минаялда гIумру гьабун вугев МустIапаев Набица «Эркенлъи» радиоялъе бицана, гьабсагIаталда гьеб бакI къаялъулъ жинда гIадамазул ургъел гьаби гуреб, цо хасал хIакимзабазе чвантинибе гIарац къварагIин бихьулила.

Гуребани, гьанже гуреб, щуго, анцIго соналъ цебе щайила гьеб къачIеб. Гьеб заманалдаги гьенире рачIунел рукIанила батIи-батIиял хал гьабулел идараби ва гьезул руцIухIун чIараб разилъиялда рекъон гьеб хIалтIулебги букIанила.

Дагъистаналда бугеб Роспотребнадзоралъул нухмалъиялда «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна, гьабсагIаталда тIолго Дагъистаналдаго лъикIаб гьечIеб хIал бугила гIи-боцIи хъвеялда бан. Гьеб хъолеб бакI гIадамаз гIумру гьабулеб бакIалдаса бищун дагьаб 50 метраялъ рикIкIад букIине ва хъвезе ругел жал тараб хасаб бакI букIине кколила.

Гьединго гIи-боцIи хъолеб бакIалда ветеринар вукIине кколила, хъолеб боцIи сахаб, унти гьечIеб бугищали хал гьабулев, амма гьединал шартIал чIезарураб бакI жакъа къоялде республикаялда гьечIила.

XS
SM
MD
LG