МагъчIваялъе рес

Евродиваналъ цойги дагъистаниясул рахъ ккуна


Щибаб санайил Евродиваналде Россиялде данде 8 азаргоялдаса цIикIкIун гIарза бачIунеб буго. Гьал къоязда инсанасул ихтиярал цIунулеб Европаялъул диваналъ Дагъистаналдаса ГIабдурахIман ГIабдурахIмановасул хъизаналъе Россиялъ 60 азарго евро кьезе хIукму къотIана.

ГIабдурахIманги гьесул хъизанги 2010 соналъул 24 июналда Москваялдаса Каспийскалде гьесул яцалъул доре ун руго. Нахъисеб къоялъ гьей ГIабдурахIманил яцалъул рокъоре рачIун руго жал полициялъул хIалтIухъаби ругинги абун анкьго чи. Цо-цоязда маскабиги ххун рукIун руго.

Гьез ГIабдурахIманил бохдулъ автомат речIчIун буго ва вехъерхъун автомобилалъув жанив къазавун, кивеяли лъалареб мухъалде хъамун ун вуго. Гьелдаса хадуб гIемер заман иналдего чанго полициялъул хIалтIухъан вачIун вуго гьеб лъугьа-бахъин ккараб бакIалде ва гьениса ГIабдурахIмановасде кьвагьдарал гулбузул гильзаби нахъе ракIарун руго.

Гьеб къоялдаса нахъе ГIабдурахIман кив вугевали лъалеб гьечIо гьесул гIагаразда. МухIканал гурел баяназда рекъон ГIабдурахIман чIаго гьечIо, амма гьев хваравлъиялъе нугIлъи гьабулел далилалги щун гьечIо гIагарлъиялъухъе.

Гьесул эмен федералияв диванчи вукIаниги васасда хурхун хIакъикъат лъазабизе кIун гьечIо. ГIабдурахIман викъиялда хурхун республикаялъул ва Россиялъул хасал идарабаз гьабураб цIех-рехалъулги хIасил ккун гьечIо.

Гьеб иш кутакалда хашго, къанунги хвезабун гьабулеб букIанин хасал идарабазин лъазабулеб букIана ГIабдурахIмановазул хъизаналъ. Гьединлъидал ГIабдурахIманил эбел Ажа ГIабдурахIмановалъ ва лъади Сабина ГIабдулхIамидовалъ инсанасул ихтиярал цIунулеб Евпропаялъул диваналде гIарза хъван букIун буго.

Европааялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб диваналъул хIукмабазда рекъон, щибаб санайил миллионалдасаги цIикIкIун евро кьезе кколеб буго Россиялъ жиндирго гражданазе. Гьеб гIарцул кIудияб бутIа щолеб буго чачаназе.

Масала, инсанасул ихтиярал цIунулезул баяназда рекъон, цохIо гъоркьисала соналда жаниб Евродиваналъул хIукмуялда рекъон Россиялъ кьезе ккун буго 870 азарго евро. Ахирал саназда жаниб, цебехун бицен гьабураб ГIабдурахIмановазул хъизамалъе гурониги, Дагъистаналдаса цойги чанго чиясеги рецIалилаб гIарац щвана гьеб диваналъул хIукмуялда рекъон.

Гьезда гьоркьов вуго МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амировги. Гьес жив сакъатав чи вугила, амма туснахъалда жиндие букIине кколеб медицинаялъулаб кумекги гьабулеб гьечIила, рукIине кколел шартIалги чIезарулел гьечIин абун гIарз хъван букIана. Диваналъ гьесие I5азарго евро кьезе бихьизабун букIана.

Гьединго 2010 соналда, чанго такъсир гьабиялъул гIайибги гIунтIизабун жанив тIамун вугев Дагъистаналдаса ГIалибегов МухIамадиеги Россиялъ 3 азарго евро кьезе хIукму гьабуна гьебго диваналъ. ГIалибеговас гIарза хъван букIана жиндида хурхун рагьараб такъсиргьабиялъул ишалда бан букIине кколедухъ цIех-рех гьабулеб гьечIин ва жиндие къуваталъул идарабаз гIакъуба-гIазаб кьолеб букIанин абун.

Дагъистаналдаса инсанасул ихтирал цIунулеб европаялъул диваналде, аслияб къагIидаялъ, къуваталъул идарабаз гIадамал рикъиялда, къанунги хвезабун гьел кквеялда ва жанир тIамураб бакIалда гьезие гIазаб кьеялда бан хъвалин гIарзалилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе чанго гьединаб гIарза хъварай адвокат Елена Денисенкоца.

Гьелъул рагIабазда рекъон гIарзал гьеб диваналде кьунилан абун гьеб кьурасдеги гьелде е пачалихъалъул рахъалдасан тIадецуй гьабулеб букIун гьечIо. Амма цIех-рехчагIазги диваналъул хIалтIухъабазги гьел гIарзал ватIан рихарал чагIаз кьолеб жо бугин абун бадибчIвай гьабун букIун буго гьелъие.

Елена Денисенко: «Россиялда гьезухъ гIинтIамулеб гьечIолъи бихьараб мехалда, гьанир киналго диваназде хъвадарун хадуб, рес къотIиялъ гIарзаххуна нилъер гIадамал евродиваналде. ГIемерисеб нухалда гьез нилъераз хъварал гIарзазул рахъги ккола, киналго бутIабазда тIадрекъечIониги, цо-цояздагIаги разилъула гьел.

Гьедин, масала, чанго соналъ цебе МухIарамкет мухъалда митинг тIобитIунин ва гьенир гIахьаллъунин абун чанго чиясде тIадецуй гьабулеб букIана бакIалъул нухмалъиялъ ва хасал идарабаз. Гьезул чангоял хIукуматалъул хIалтIудасагицин рахъана, гьел нилъер диваналда бергьине течIо.

Гьединлъидал гьез гIарза хъван букIана евродиваналде. Чанго бутIа бугеб гIарза букIана гьеб, киналго дида ракIалда гьечIо, амма мухIканго лъала цо бутIаялада рекъон – гьебги букIана митингал гьаризе инсанасул бугеб ихтияр хвезабуралъухъ Россиялъ рецIалил гIарац кьезе хIукму къотIун букIана гьеб диваналъ.

Гьел хIукмбазда рекъон Россиялъ цониги нухалъ гIадамазе кьезе бихьизабураб рецIалил гIарац кьечIого течIо. Бихьизабураб заманалда жаниб гьеб кьезе хIаракат бахъула пачалихъалъ, кьечIони гьелде тIаде рачIунел проценталги рукIуна.

Амма гьеб инсанасул ихтиярал цIунулеб Европаялъул диваналъ Россиялъул диваналъ къотIараб хIукмуги хIакъикъияб гуреблъун рикIкIун, цIидасан гьеб ишалъул халгьабейин абун къотIарал хIукмаби кIвар кьечIого тола нилъер пачалихъалда. Гьел ишазул цIидасан халгьабуниги тамихI дагьабги кьваризабун гурони, тамахги гьабуларо. Чанги рукIуна гьединал ишазда хурхун кIицIулниги евродиваналде гIарзал хъваралги».

Евродиваналъ кьолел баяназда рекъон цохIо гъоркьисала Россиялде данде гьеб диваналде кьун букIун буго 9 азаргогIан гIарза. Кьертиласалде дандеккун гьезул къадар ункъазаргогIаналъ дагьлъун буго. Амма гьеб Россиялда гIадамазул ихтиярал цIуниялъул иш лъикIлъиялъ гуреб, евродиваналде кьолел гIарзазде тIалабал цIикIкIиналъ дагьлъун бугин рикIкIунеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез.

XS
SM
MD
LG