МагъчIваялъе рес

Шатой мухъалъул диваналъ хIукму гьабуна украинияв 24,5 соналъ жаниве тIамизе


Чачан республикаялъул Шатой диваналъ къотIи гьабуна Украиналъул УНА-УНСО абулеб миллатчилъиялъул къукъаялъул гIахьалчи Александр Малофеев 24 бащадгун соналъ жаниве тIамизе.

Гьесда чIвараб гIайиб – Чачанлъиялда букIараб тIоцебесеб рагъда Россиялъул аскариял чIвай. ЦIех-рехчагIазул хIисабалда Малофеевас гьахьаллъи гьабулаан Чачан республикаялда 1994-1996 соназда Россиялъул аскариязде данде рачун рукIарал рагъулал ишазулъ.

КватичIого диваналда цере эхетизаризе руго цогидал гьадиналго гIахьалчагIи - Николай Карпюк ва Станислав Клых.

XS
SM
MD
LG