МагъчIваялъе рес

СагIудияз Путинил ахIи нахъ чIвана


Талат къоялъ СагIудиязул ГIарабиялъ кьварараб къагIидаялъ нахъ чIвана халкъаздагьоркьосеб жамагIаталде Москваялъ бараб ахIи - Сириялъул президент Башар Асадие квербакъи гьабеян абураб.

СагIудиязул къватIисел ишазул министр Адель аль-Джубейрица Нью-Йоркалда пикруцоял улкабазул вакилзабазулгун Нью-Йоркалда рехсараб суал дандбан, абуна, Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияб Ассамблеялда Россиялъул президент Владимир Путиница гьабураб калам - чIобогояб хабар бугин, ва тIаде жубана, Асадица жиндиего бокьухъин хъулухъ тезе кколин, гурони, гьев хIалица тIаса рехизе вугин.

XS
SM
MD
LG