МагъчIваялъе рес

20 соналда жаниб тIатинабураб 54 млрд гъурщил зарал


29 сентябралда МахIачхъалаялда тIобитIана Россиялъул регионазда ругел ХIисаб кьолел палатабазул нухмалъулел. Гьез гьениб бицана Россиялда пачалихъияб гIарац бикъизе ругел аслиял нухазулги, къануназулъ мухIканлъи хIажат букIиналъулги, цогидалъулги.

Россиялъул регионаздаса ХIисаб кьолел палатабазул нухмалъулел МахIачхъалаялде ракIариялъе цо гIиллалъун ккун бугоан Дагъистаналда гьединаб идара гIуцIаралдаса 20 сон тIубан букIин.

Гьелда цадахъго гьезда ракIалде ккана щивас жиде-жидер мухъазда ругел масъалабазулги бицун, цоцазул хIалбихьи гIахьал гьаби.

Байбихьуда Дагъистаналъул ХIисаб кьолеб палатаялъул нухмалъулес бицана жидерго хIалтIул хIакъалъулъ. 28 сентябралда парламенталъул сессиялда гьелъул нухмалъулев Билал ЖахIбаров хисаниги, аскIов гIодов чIун цIияв нухмалъулев Шабанов Темирланги тун, ЖахIбаровас букIана данделъи бачунеб.

ПалхIасил, Билал ЖахIбаровас бицана жидеца Дагъистаналъул бюджеталде тIадбуссинабунин хIиллачагIаз хIурудахъ биччазехъин батараб пачалихъалъул гIарцул 157 млн гъурущ. 2013 соналда дандеккун, кIиго нухалъ цIикIкIун бугин гьеб (жидеца тIатинабураб гIарац).

Гьаниб дандеквезе бегьула дагьалъ хадув кIалъарав Ростов мухъалъул ХIисаб кьолеб палатаялъул нухмалъулев хисулев Жуков Владимирица рехсарал тарихал. Гьес абуна жидеца бюджеталде нахъбуссинабунин хIиллачагIаз пасат гьабизе дагьалъ хутIараб 6 млрд гъурущ.

Гьеб мехалда журналистал лъугьана махсараби гьаризе Ростов мухъалдаса дагьалгIаги ратилинха хIиллачагIи Дагъистаналдаян. БитIараб бицани, Жуковас баян гьабичIо гьеб 6 млрд гъурущ кигIанасеб заманалда жаниб тIатинабурабали.

Амма Билал ЖахIбаровас баян гьабуна Дагъистаналда гьеб палата гIуцIун араб 20 соналда жаниб гьезул хIалтIухъаби сабаблъун республикаялда тIатинабунин 54 млрд гъурщил къадаралда гьарурал хIиллаби. Жавабчилъиялде цIан вуго 1 600 чи.

Гьелдаса хадуб батIи-батIиял регионаздаса ХIисаб кьолел палатабаздаса вакилзабаз бицана жиде-жидер мухъазда дандчIвалел гIунгутIабазул. Гьезул гIемерисел цоцада релълъарал рукIана.

Ульяновск мухъалда ХIисаб кьолеб палатаялъул нухмалъулев Игорь Егоровас гьениб бицана Россиялда аслияб куцалда кIиго нух бугин хъулухъчагIаз гIарац бикъулеб.

Игорь Егоров: «Улкаялда гIарац бикъулеб аслияб къагIида кIиго буго – бакIал раялдалъунги пачалихъиял хIажалъабазе къайи босиялдалъунги тIокI гьабула гIемерисел хIакимзабаз пачалихъалъул гIарац. Гьелъие нух къазе гIезегIан жал ургъун ругин ракIалде кканиги, хIиллачагIазда ресал ратулел руго цIогьодизе.

Масала, пачалихъияб хIажалъиялъе босизе къваригIараб къайиялъул багьа бачIинахъего бихьизабулеб буго кIодо-кIодоги гьабун. Гьединлъидал нижеца Ульяновск мухъалда гIуцIана хасаб комиссия. Гьелда гъорлъе рачана гьел аукционаздаса хасаб мурад жидеего тIалаб гьабуларел гIадал гIадамал.

Гьедин гьанже гьеб комиссиялъ хал гьабун гурони щибниги босизеги биччаларо. Масала, гьезухъе битIула 3 млн-са цIикIкIун гъурущ хIажат бугин ремонт гьабизе яги бакIал разейин хъвараб документ, 10 млн-са цIикIкIун гIарац хIажалъулеб контракт.

Цойги нижеца кутакалда кIвар кьолеб жо буго пуланаб контракталда гIахьаллъизехъин бугеб чанго идара, яги гIуцIи цоцазулгун кинаб гьоркьоблъиялда бугебали. Лъабго-ункъо гIуцIи гьениб гIахьаллъулеб бугони, контракталъул багьа кидаго мекъи бихьизабун батула».

Гьединго босизе къваригIарабин бихьизабураб къайиялда бан идарабазул нухмалъулез кинабгIаги баян кьураб бакIги букIунарин мех-мехалдайин тIаде жубана Егоровас.

Бюджеталдасан гIарац биччаялъул рахъалъ улкаялъул къануназулъ камиллъи гьечIиланги бицунеб букIана ХIисаб кьолеб палатабазул вакилзабаз. Масала, Владимир мухъалда бугеб ХIисаб кьолеб палатаялъул нухмалъулей Ирина Туляковалъ гьадин абулеб бугоан.

Ирина Тулякова: «Масала, муниципалитетазда жанисан рахъарал нухал къачIаялъе бюджеталдасан кигIан гIарац биччалебали чIванкъотIун бихьизабун гьечIо къануналда.

Гьебго жо буго территориял церетIезариялда бан гIарац биччаялъулъги. Масала, нижер дова цо муниципалияб гIуцIиялъул нухмалъулев хъулухъалдаса нахъе рехана пачалихъалъул гIарац пасат гьабун бугиланги абун.

Гьебги дагьа-макъаб жо букIинчIо. 20 млн гъурущ букIана. ЧIванкъотIун кибе чан гъурущ харж гьабизе изну бугебали къануналда бихьизабунгутIиялъ кколел руго гьединал хIужаби».

Татарстаналдаса ХIисаб кьолеб палатаялъул нухмалъулев Валеевас бицана жидее лъикIаб хIалбихьи щванин Канадаялдасагун Великобританиялдаса.

XS
SM
MD
LG