МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда 5 мухъалда лъазабун буго терроризмалде данде чIараб низам


Dagestan / military operation
Dagestan / military operation

Дагъистаналъул жанубияб рахъалда ругел Сулейман-Стал, Табасаран, МухIарамкент, Хив ва Курах мухъазда итни къоялъул сардилъалдаса нахъе хасаб терроризмалде дандечIараб низам лъазабун буго.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ лъазабулеб буго Сулейман-Стал мухъалъул Хтун росдал рохьор чIван ратарал щуго чанахъанасде тIадекIанцIи гьабурал чагIи ралагьизелъун лъазабун бугин гьеб хасаб низамилан.

Полициялде 18 сентябралда лъазабун буго гьел чанахъабазул гIагарлъиялъ гьел тIагIун ругин абун, гьебго сордоялъ рохьор чIван ватун вуго цин лъабгояв, нахъисеб къоялъ гьединго кIиго чанахъанасул жаназаги батун буго гьенибго.

Гьеб такъсир изну гьечIого яргъидгIуцIаразул хIалтIи букIиналда щаклъи буго хасал идарабазул. Гьел жаназабазда аскIоб экстремистаз чIей гьабун букIараб бакIги батун буго гьезда.

БакIалъул гIадамаз лъазабухъе къуваталъул идарабаз росабалъ жанир хасал тадбирал тIоритIулел гьечIо, гьел киналго унел руго росаби сверун, рохьахъ, мугIрузда, хъитIазда.

Гьенисанги жеги кьвагьи рагIинчIин жидедайилан абулеб буго бакIалъул гIадамаз. Аслияб къагIидаялъ рагъулаб техникаги, аскариялгун низамцIунулелги ракIарун ругила Сулейман-Стал мухъалъул ва КъурахI мухъазул гIурхъуда ругел росабалъилан абурал баянал кьолел руго лезгиязул федералияб маданияб автономиялъул сайталдаги.

Къасумкенталдаги ахирал къояз хасал идарабазул хIалтIухъаби гIемерлъун ругин, амма гьез гIадамазе гIумру гьабизе щибго квалквал гьабулеб гьечIин, хасал тадбирал тIоритIулел гьечIинги лъазабулеб буго гьебго автономиялъ.

Гьел чанахъаби чIван хадуб Сулейман-Стал мухъалда цIакъ захIматаб ахIвал-хIал лъугьун бугин, гIадамал лъиде гIайиб гьабилебали лъаларого ругин, гьереси баянал тIиритIизарун халкъ багъаризабулелги камулел гьечIин бицана «Эркенлъи» радиоялъе журналист Альберт Эседовас.

Альберт Эседов: «РичIчIуларел цоцалъа рахъун бажаруларел харбал тIиритIизаризе лъугьун руго Сулейман-Стал мухъалдаго. Цояз абулеб буго гьел чанахъабазда аскариязулалла релълъараб партал букIиналъ, къуваталъул идарабазул вакилзабийилан ккун чIван ругин гьел экстремистазилан.

Цойгидаз абулеб буго хасал идарабазул хIалтIухъабаз изну гьечIого яргъидгIуцIаралин ккун чIван ругин гьелилан. Гьадингоги цIакъ захIматаб ахIвал-хIал буго мухъалда гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб. Щиб гьабилеб, лъида гIайиб чIвалебали лъаларого руго гьел чIваразул хъизамалги, гIагарлъиги.

Гьедин цин полициялъулазде тIаделъана гьел, цинги мухъалъул администрациялъул бетIерасде гьужум гьабуна. Гьел балагь-базаралда гьоркьор щалали лъаларел чагIи лъугьана Къасумкенталда гIодой биччай ва хIинкъигьечIолъи букIинабейин тIалъиялдаса тIалаб гьабун митинг тIобитIизе бугин абун лъазабиял чIвазе. Лъица гьеб гьабулеб бугебалиги лъалеб букIинчIо, гьел лъазабиял чIвалел чагIиги гIадамал аскIорегIан щваралго тIурун унел рукIана.

Гьеб митингги тIобитIичIо, мухъалъул бетIерас чIваразул гIагарлъиги цойги жамагIаталъул вакилзабиги ракIарун данделъи тIобитIана. Гьениб мухъалъул къуваталъул идарабазул нухмалъиги букIана, гьез лъазабуна моцIида жаниб жидеца гьеб такъсир гьабурал чагIи ралагьизе ругилан. Гьелдаса хадубги митинг тIобитIизе кколин абун харбал лъугIулел рукIинчIо.

ГIадамазул къварилъиялдаса пайдаги босун жидерго иш роцIцIинабизе бакIалъул нухмалъи данде кколарез багъаризабулеб буго гьединаб гъалмагъир, гьелдаса пайдаги босун нухмалъиялда хиса-басиял ккезаризе хIалбихьулеб буго гьез».

Гьединго Альбертица баян гьабуна гIодобебиччарабин рикIкIунеб букIараб Сулейман-Стал мухъалда ахирал саназда гIемерлъулеб бугила экстремистияб бербалагьи бугел гIолилазул къадар.

Амма гьеб мухъалъул гIадамал советияб куцай щварал гIадал чагIи ругила, гьединал гIорхъолъа арал ишалги, бербалагьиялги гьез къабул гьаруларила, цойгидал мухъазда гIадин рохьахъ ругезе кумекги гьабуларила бакIалъул гIадамаз. Гьединлъидал захIматаб ва хIинкъицIикIкIараб ахIвал – хIал лъугьунеб бугила гьеб мухъалдайилан баян гьабуна жураналистас.

Гьанибго абизе ккола гьал къоязда Дагъистаналде вачIун вукIарав Россиялъул жанисел ишазул министр Владимир Колокольцевасги республикаялъул жанисел ишазул нухмалъиялъулгун букIараб дандчIваялда лъазабун буго гьеб Сулейман-Стал мухъалда чанахъаби чIварал ралагьиялде ва гьезие тамихI гьабиялде хасаб кIвар кьейилан. Жинцаги гьеб иш жиндирго бербалагьиялде гъоркье бачине бугин лъазабун буго министрас.

XS
SM
MD
LG