МагъчIваялъе рес

Исана Европаялде 500 000-гIан мигрант вачIун вуго


БатIи-батIиял халкъаздагьорсьосел гIуцIабазул баяназда рекъон исана Европаялде рачIарал мигрантазул къадар щунусазаргоялдаса цIикIкIараб бугин. 2014 соналде данде ккун гьеб кIиго нухалъ цIикIкIараб къадар бугин.

ГIага-шагарго лъабазарго мигрант ралъдалъ гъанкъанин, лъазабулеб буго Цолъарал Миллатазул гIуцIиялъ ва миграциялъул рахъалъ Халкъаздагьоркьосеб гIуцIиялъ.

Аслияб къагIидаялда Европаялде мигрантал рачIанин Сириялдаса. 2011 соналдаса байбихьун Сириялда халат бахъунеб конфликталъул хIасилалда гIаммаб къадаралда ункъгогIан миллион чи лъутун вуго гьениса къватIивехун.

XS
SM
MD
LG