МагъчIваялъе рес

Эбелалъулаб капитал бикъарав полициялъулав тамихIалде цIазехъин вуго


«Улбузул капитал» щвезелъун гьереси документалги гьарун гьеб гIарац бикъарав полициялъул хIалтIухъанасда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьун буго Дагъистаналда. ГIемер ругиш гьединал хIужаби республикаялда ва «улбузул капитал» щварал гIадамаз гьеб гIарац аслияб куцалда сунда тIад харж гьабулеб бугебан цIех-рех гьабуна нижеца.

ЦIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ бицунелда рекъон 2013 соналъул байбихьудаго, Бабаюрт мухъалдаса полициялъул офицерас гьебго мухъалдаса эбелалъул сертификат щварай цо гIаданги божизаюн гьелъухъа батIа гьабун буго гьеб документ. Гьелдаса хадуб улбузул гIарац щвеялъе хIажалъулел документалги кьун руго гьеб мухъалъул Пенсиязулаб фондалде.

Документазда гьес бихьизабун буго жиндица гьеб гIарац харж гьабулеб бугин рукъалъул суал тIубазеян. Сертификаталда рекъон щвараб 400 азарго гъурущин абуни жиндаго анищан ккараб бакIалде харж гьабун буго. Гьанже гьесда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьун буго. Я гьесул, я гьес махсароде ккурай гIадамалъул цIар цIех-рехалъ загьир гьарулел гьечIо.

Гьелда релъарал хIужаби гIемерал ккун рукIана Дагъистаналда. Гьезул цоялъул хIакъалъулъ «Эркенлъи» радиоялъ чанго моцIалъ цебеги бицун букIана. «Эбелалъулаб сертификат» щварал Дербенталдаса микьго чIужугIадамалъ гьеб бичун буго тIубан гIарац кодобе щвезелъун, амма гьеб бичарал чагIи ратун руго макручагIи. Я сертификат, я гIарац цонигияб гьезухъе щун гьечIо.

Доб мехалъ гьелда тIасан баян кьолаго Дагъистаналъул Пенсиязул фондалъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Альбина Сункулиевалъ бицун букIана, Дагъистаналда «улбузул капитал» кьезе байбихьаралдаса макручагIи хIаталдаса ун гIемерлъарал куцалъул. Ахираб кIиго соналда жаниб республикаялъул жанисел ишазулгун цадахъ рекъон гьабураб хIалтIул хIасилалда жидеда кIванин гьеб иш роцIцIинабизеян бицун букIана Альина Сункулиевалъ нижер программаялъе.

Гьедин 2014соналъул ахиралде Дагъистаналда тIатинабун букIун буго «эбелалъулаб сертификат» щварал руччаби макручагIаз махсароде кквеялъул 182 хIужа. Жакъа къоялде гьел хIужаби тIаде цIикIкIаниш ва кинаб ахIвал-хIал бугеб гьелда сверухъали лъазелъун нижеца бухьен гьабуниги Дагъистаналъул Пенсиязул фондалдаса нижехъе жаваб щвечIо.

Мисалалъе Гумбет мухъалда ахираб кIиго соналда жаниб цониги гьединаб хIужа ккечIилан абулеб буго гьеб мухъалда Пенсиязул фондалъул идараялъул нухмалъулев Жамалудинов ТiалхIатица.

Жамалудинов ТIалхIат: «ГьабсагIаталда цониги хIужа гьечIо сертификаталъул хважаинги махсароде ккун гIарац лъиениги щванилан абураб. Ахираб кIиго соналда жаниб гьединаб иш ккечIо. букIана цо гьединаб хIужа. Дир яцгIалалъул яс ккун йикIун йиго «лавашдерил» абураб макручагIазул кичIикье, гьебги дида нахъа гурони лъачIо, тIокIаб гьединаб иш ккечIо. Пенсиязул фондалъул гьелда гъорлъ кинабгIаги гIахьаллъиги букIунаро».

Аслияб куцалда эбелалъул сертификат щварал гIолохъанал эбел-инсуца гьеб гIарац хIалтIизабулеб буго рукъзал росизе. Гьелъул хIакъалъулъ «Эркенлъи» радиоялъе гьадин бицунеб буго МахIачхъалаялда гIумру гьабун вугев, Гъуниб мухъалъул Гьонодаса Юсупов Юсупица.

Юсуп Юсупов: «МакручагIаз гьедин гIадамал махсароде кколел рукIинги гIемераб рагIунги, бихьунги букIун дица хIукму гьабуна гIарац диего квартира босизелъун харж гьабизе. ТIубанго гIарац кодобе щвезе бокьарал гIадамазеги гьеб тIубанго кьолеб гьечIин, бутIа-бутIаккун кьолеб бугиланги бицуна гIадамаз».

ЭР: «Рукъ босе харж гьабулеб мехалъги гьеб гIарац кьолаго квал-квалал гьарулел ругодай мун гIадал чагIазе»?

Юсупов Юсуп: «Гьединал квал-квалал гьаричIого рукIинелъун кинабго гьеб иш рагIа-ракьанде щун лъалев юрист вачине вуго дица хIалае. БитIараб бицани гьелде регIунги гьечIо дун жеги, гIарац данде гьабулев вуго».

«Улубузул капитал» абураб гIарац Россиялд кьезе бабйихьана 2007 соналдаса байбихьун. Гьеб щола кIиго ва цIикIкIун лъимер хъизамалда гьабурал чагIазе. ТIоцебе гьелъул къадар букIана 250 азарго гъурущ. Соналдаса соналде цIикIкIинабун гьанже «эбелалъул сертификат» щварал чагIазе щола 450 азарго гъурщиде гIагарараб гIарац.

Цебе лъимералъ лъабго сон бачIого гьеб гIарац хвезабизе изну кьолеб букIинчIо пачалихъалъ, исана гьелъул хIакъалъулъ бугеб къануналда гьарурал цIиял хиса-басиязда рекъон, эбел-инсул рес буго гьанже лъимер гьабун хадуб жидехъе эбелалъул сертификат кодобе щварабго гьелдаса пайда босизе.

XS
SM
MD
LG