МагъчIваялъе рес

Буйнакскалъул депутатазул мажлисалъул бетIер вищана


Буйнакск. Шагьаралъул мажлисалъул депутатал
Буйнакск. Шагьаралъул мажлисалъул депутатал

Итни къоялъ иргадулаб гуреб данделъи тIобитIана Буйнакскалъул цIибищараб депутатазул мажлисалъ. Гьаб нухалда гьеб тадбиралъул аслияб суал букIана мажлисалъул бетIер вищи. Гьевлъун вищана 47 сон барав ветераназул партиялъул вакил Заур Шахвердиев. Жив цеве киданиги тIадегIанал хъулухъазда хIалтIарав чи гурин, гьединго сиясаталда гьоркьовги гьанжелъагIан киданиги вукIинчIин, 15 соналъ хIалтIиги гьечIого рокъов гIодов чIун вукIанин бицана Шахвердиевас «Эркенлъи» радиоялъе. Гьединго гьев ккола афгъанисталда букIараб рагъул ветеранги.

Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна кинавниги 19 депутатаз. Гьезул 15яв вуго «Партия Ветеранов России» партиялъул депутатал, ункъгоял ккола «Единая Россиялъул» вакилзаби. Рищиязда цIикIкIун гьаркьал щваразда гьоркьор мажлисалда бакIал рикьулаго гьединаб хIасил ккана. Гьаб нухалда депутатазул данделъиялде гьенире «Единая Россиялъул» депутаталги рачIун рукIана.

Гъоркь анкьица тIобитIараб тIоцебесеб мажлисалъул данделъиялде, рищиязул идараялдаги, «Единая Россиялъул» депутатаздаги данделъи бугин, гьенире рачIайин лъазабун букIаниги цохIо ветераназул партиялъул вакилзаби гурони рачIун рукIинчIо.

Шагьаралъул нухмалъиялъ гьеб данделъи гьабизе бакI гьечIила администрациялъул минаялъубин абун квалквалалги гьаруна гьезие гъоркь данделъи тIобитIулелъул, гьединлъидал Агрегаталъулаб заводалда тIобитIана гьез жидерго тадбир.

Гьанжесала кинабниги квалквал гьабичIого шагьаралъул администрацилъул данделъабазул рокъоб тIобитIана сессия. Гьениве шагьаралъул бетIер ХIусен ХIамзатовгицин вачIун вукIанин бицана «Эркенлъи» радиоялъе цIидвищарав Буйнакскалъул депутатазул мажлисалъул бетIер Заур Шахвердиевас.

Гьесул рагIабазда рекъон данделъи гIодойбиччан берцинго ун буго. ХIамзатовас депутатаздаги жиндидаги бергьенлъиги барканила, кинал рукIаниги хIинкъалаби кьезе яги кIалал гьикъизеги лъугьаничIила гьевилан абуна Шахвердиевас.

Гьес лъазабулеб буго жидеца гIагараб заманалда рорхизе ругел аслиязул цояллъун кколила Буйнакскалъул бетIер ХIусен ХIамзатов хъулухъалдаса нахъе инавиялъул суал ва гьединго ахираб лъабго соналда жаниб шагьаралъул бюджеталъул гIарац кибе хвезабулеб букIарабали халгьабиялъул суалги.

Заур Шахвердиев: «Гьеб шагьаралъул бетIер хисиялъул суал бищун цебе борхизе буго, амма республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасда дандбачIого щибниги гьабизе гьечIо нижеца. Ниж республикаялда бугеб власталъулги, улкаялъул президентасулги оппозиция гуро.

Ниж «Единая Россиялде» дандеги рахъун рукIинчIо, нижеца дандечIей гьабулеб букIана «Единая Россиялде» гъорлъе унел, магIна гьечIел, халкъалъе пайда гьечIел Буйнакскалъул нухмалъиялъиялда ругел гIадамазде данде. Нижее шагьаралда бетIерлъун вукIинеги ГIусман ГIусманов къваригIун вуго, батIияв чи нижеца гьанив къабул гьавизе гьечIо.

Хасго МахIачхъалаялдаса тIамун вачIарав, нижги, нижер шагьарги лъаларев чи хIажат гьечIо гьанив. Гьедин МахIачхъалаялъул мэрхисулев ГIабдулмуъмин Ибрагьимов тIамулев вугила Буйнакскалъул бетIерлъунин абураб мехалда, халкъ къватIибе бахъун 2000гIан чи гIахьаллъараб митинг тIобитIана гьаниб.

Халкъалъе бокьун буго Буйнакскалъул нухмалъулевлъун ГIусман ГIусманов вукIине, халкъалъе данде кколареб жо гьабиларин республикаялъул бетIерасин абураб пикру буго дир».

Гьединго ветераназул партиялъул вакилзабазул гIемерал суал руго цебе букIараб Буйнакскалъул депутатазул мажлисалъул уставалдехун. Гьелда рекъон мажлисалъул бетIерасул хъулухъ гьеб жамгIияб хъулухъ кколеб буго, гьелъухъ кинаб букIаниги харжги щолеб гьечIо. Къануналда рекъон гьеб муниципалияб хъулухъ букIине кколин, гьелъухъ харжги чIезабизе кколин абулеб буго гьез.

Гьанибго абизе ккола, буйканскалъулазул рагIабазда рекъон, рищияздаса хадуб шагьаралъул нухмалъиялъ шагьаралда хIалтIаби байбихьун руго.

Ахираб 20-30 соналъ кинаб букIаниги къачIа-кIатIаялъулал хIалтIаби гьарун рукIинчIел шагьаррагIалда ругел къватIазда бакIа-баххари гьабун бугин, къватIал ритIизарун хъил тIезе хIадурун ругин, гьединго къватIахъ киданиги рукIинчIел чирахъал ран ругилан абулеб буго бакIалъул гIадамаз.

Гьединго 28 сентябралда Дербенталъул депутатазул мажлисалъ шагьаралъул бетIерлъуде кандидатал тIаса рищулеб комиссиялъул данделъи 30 абилеб октябралда тIобитIизе бугин абураб хIукму къотIана. Дербенталъул нухмалъулевлъун рахъине бокьаразул документал 29 сентябралдаса бахъараб 21 октябралде щвезегIан къабул гьарулел руго комиссиялъ.

Дербенталъул мэрлъун Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат ХIажимет СафаргIалиев вачIунев вугин абурал харбал раккун рукIана республикаялда, амм гьанже гьесул бакIалда Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб цебетIезабиялъул министр Малик Баглиев вачIине вугин абурал баянал раккана ахирисел къояз. Живго Баглиевас гьеб информациялда хурхун кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG