МагъчIваялъе рес

Кубаналда «Европея» яги хIакъикъатлъун лъугьараб маргьу


Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъа Ризван ГIисаев абурав чи цIакъ машгьурав чи вукIана Дагъистаналда МухIу ГIалиевас президентлъи гьабулел соназда. Машгьурлъунги гьев вукIана Карабудахкент районалъул ракьазда гьес базе хIисабалде босараб «Немецкая деревня» абураб проекталъ. Гьел соназда гIезегIан СМИяздаги паркъун Пачалихъияб Думаялде ана Ризван. ЖамгIияталда гьоркьоб хабарги тIобитIун букIана кагътил макетги бихьизабун гьес МухIу гукканин ва депутатасул мандат босанин.

Гьеб бугоан гIадамазда гьоркьоб тIибитIараб хабар. Лъалеб гьечIоан гIадамазда гьеб проект гIумруялде бахинабизе ккани ракьул суалги роцIцIине кколеблъи, гьеб ракь гъоркьлъалие лъун дагьаб проценталъул кредиталги росизе кколеллъи, гьел шартIал гьечIого къватIисел улкабазул банказ кредиталги кьолареллъиги.

Ризванил рагIабазда рекъон республикаялъул нухмалъиялъ гьел шартIал тIуран гьечIоан, гьел тIурангутIиялъ гIумруялде бахун рагIуларо Дагъистаналда «Немецкая деревня» абураб проектги. Нилъер гIадамазе цIакъ бокьула гIадамаца абулелда божунгутIизе, хасго гьеб абулев чи бечедавги, ресалда вугевги вугони. ГIемерисезул гIаданиб жеги буго «бечедав чи» - квешав чи абураб стереотип.

Нилъеца хIисаб гьабуларо гьев квешав «бечедав чияс» кьурал налогаздалъун нилъее харжги, пенсияги, пособиялги, цогидал социалиял гарантиялги тIуразарулел рукIиналъул. Нилъеца ва республикаялъул нухмалъиялъ тIалаб гьабичIо Ризван ГIисаевасе шартIал чIезаризе.

Гьел чIезарун рукIаралани анцI-анцI аза-азар чи жанив вугеб хIикматаб берцинлъиялъул, жанир ишалъулал ва административиял централги, банкалги, ашбаз-рестораналги, тIугьдулъ ва хурдузулъ рацарал берцинал гохIалги, накIкIил рохьалги, жаниб ччугIаги, тIад хъахIал хIанкъвабиги лъедолеб, балагьун бер гIорцIулареб роцIцIараб лъел хIоралги ругеб шагьар букIинаан МахIахъалаялда аскIоб.

Нужеца гьаб кинабго дица бицунеб маргьу гIадин къабул гьабун батила, бахчун щай кагътида ва интернеталда гьеб бихьарабго диегоги маргьу букIана гьеб. Амма гьеб «маргьу» дирго беразда бихьана, гьенив тирана, хIорил рагIалда кIусана, рестораналда кванана, накIкIил рохьов тирана.

Гьел гохIалги, хIоралги, накIкIил рохьалги гьарун ругоан цIан битIараб авлахъ букIараб бакIалдаса. Араб щамат къоялъ Краснодаралде Ризван ГIисаевас гьоболлъухъ ахIун рукIана «Европея» шагьаралъ щуго сон ва живго Ризваница 55 сон тIубаялъул байрамалде Дагъистаналдаса гьалбал. Гьезда цадахъ сапар бухьанадицагоги Ризваница ахIун. Байрам данде ккана Краснодаралъул къоялдеги.

Бащдаб Краснодаралъул халкъ жидер шагьарги тун Ризванил «Европеялде» хIухь бахъизе бакIарун бугоан. Гьесул шагьаралъе ва Ризвание баркалаялъул рагIигун цеве вахъана гьенив Краснодар шагьаралъул бетIер Владимир Евланов, Адыгеялъул бетIер Тхакушинов Аслан, шагьаралъул актив ва анцI-анцI Ризванидаса разиял гIадамал. «Европея» комплесалда жаниб гьес бан буго немцазул, Португалиялъул, Италиялъул, Испаниялъул ва Франциялъул гIисинал шагьарал, гьезул этно - стиль, жидего хасиятаб арихитектура ва хутIараб кинабго.

Гьеб улкаялде щвараб гIадаб асар букIуна жанир тирарабго. Ран руго жанир цо тIалаялъул берцинал котеджалги, чIахIиял рукъзалги. Руго школалгун ясли-ахал, футболалъул полеял, бассейнал ва ихтиялат-кепалъул централ, ай кинабго инсанасе хIажатаб щинаб жо.

Проекталъ ккун буго 2000 гектаралде гIагарараб ракь, жаниб гIумру гьабизе буго 65 азаргоялде гIагарун хъизамалъ. Гьеб буго цохIо Ризваница бараб шагьар, Гъизилюртгун Каспийск цадахъ босани бащалъулеб буго гьелда. Гьелдаго цадахъ Краснодар шагьаралъул чIухIилъун рикIкIунеб буго Ризван ГIисаевас бараб 24 тIалаялъул Marriott International гостиница. Гьел руго дунялалъул рищунго чIахIиял шагьаразда ругел халкъазда гьоркьосел гостиницабазул сеталде унеб даражаялъул гостиница.

Россиялда Петербургун Москваялда гурони кьун букIинчIо ихтяр гьеб базе, Ризваница Краснодаралдаги ихтиярги тIалаб гьабун бан буго. Щай дица гьаб киналъулго бицунеб бугеб нужее? Гьаб буго нилъер республикаялда анцI-анцI аза-азар хIалтIизе бакIалги, бюджеталъе гIарацги, гIадамазе санагIалъабиги гьаризе гIураб ресги, сурсатги бугел гIадамал тIад руссинаризе ккеялъе бачунеб мисал.

Щай базе бегьулареб букIараб гьеб шагьар МахIачхъалаялдагун Каспийскиялда гьоркьоб? С.Амировас хIадур гьабун букIараб «Лазурный берег» проектги хутIана кагътидаго.

Гьеб хисизе бегьилаан Ризванил проекталъ. ГIадамазе хIалтIизе бакIги, бюджеталъе налогги, халкъалъе санагIатлъиги хIажат батани Ризванил лъайги, гьунарги, ресгун сурсатги хIалтIизе ккола Кубаналъе гуреб, Дагъистаналъе. Гьеб лъугьиналда божулерел чагIи ине бегьила Краснодаралде, хIакъикъаталде сверизабураб маргьу бихьизе. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG