МагъчIваялъе рес

Йенс Столтенберг: Америкалъулгун Россиялъул контактазул хIажалъи руго


Сириялда хурхараб Россиялъул хиялалъул бицен гьабизе жеги цудунго буго, ян лъазабуна Нью-Йоркалда журналистазде НАТО-ялъул Генералияв секретарь Йенс Столтенбергица.

«Нилъеда бихьула Сириялъе Москваялъ гьабулеб рагъулаб асар цIикIкIунеб бугеблъи, гьединлъидал Цолъарал Штатазулгун Россиялъул контактал хIажатал руго, ян тIаде жубана Йенс Столтенбергица.

Гьесул рагIабазда рекъон Россиялъ Сириялъул президент Башар Асадие гьабулеб квербакъиялдалъун гьениб халат бахъунеб конфликт рагIалдде бахъинабизе рес гьечIин.

XS
SM
MD
LG