МагъчIваялъе рес

В.Путиница америкалъул журналистасе интервью кьуна


Россиялъул президент Владимир Путиница Америкалъул журналист Чарли Роузие интервью кьолаго, абуна Сириялда халат бахъунеб конфликталда Россиялъул яргъид гIуцIарал къуватаз гIахьаллъи гьабизе гьечIин.

«Я Сириялда, я цогидал улкабазда рагъулал операциязда Россия гIахьаллъизе гьечIо, жакъа къоялда гьадинал планал гьечIо», - ян абуна Владимир Путиница.

Гьес гьединго тIаде жубана, «Исламияб пачалихъалда» гьабсагIат кIиазаргоялдаса цIикIкIун чи вуго цебесеб Совет Союзалъул республикабаздаса гьениве вачIарав. Ва гьел ватIаналде тIад руссинегIан, хасго Сириялъул территориялда гьезде данде рагъ бачанани лъикI букIинаанин.

XS
SM
MD
LG