МагъчIваялъе рес

Франциялъ тIоцересел авиакьабиял щвезарун руго «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялда


Франциялъул гьаваялъул рагъул къуватаз тIоцересел авиакьабиял щвезарун руго «Исламияб пачалихъ» абураб экстремистияб къокъаялъул позициязда. Елисейил КIалгIаялъул информациялда рекъон, кьабиял щвезарун руго кIиго анкьалъ гьабураб цIех-реххалъ баянлъизарурал ишаназда.

«Франциялъ хадурги кьабиял щвезаризе руго, гьелъул хIинкъигьечIолъиялъе хIинкъиял загьирлъулел ругони», - ян абулеб буго Парижалъул лъазабиялда.

Гьаб моцIалъул байбихьуда Франциялъул президент Франсуа Олландица лъазабуна, жиндир планалда бугин Сириялда «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул къуватазда кьабиял щвезаризе, щайгурелъул гьениб хIаракатчи гьабулеб бугин чанго пачалихъалде данде, гьезда гъорлъ Франциялдегиян.

2014 соналъул сентябралда Франция гъорлъе лъугьун буго Цолъарал Штатазулгун коалициялде ГIиракъалда ругел исламистазде данде гьабулеб гьаваялъулгун рагъулаб операциялде.

XS
SM
MD
LG