МагъчIваялъе рес

Россиялъ Украиналъул территориялде унареб маххул нухалъул гIаркьел балеб буго


Россиялъул улка цIуниялъул министр хисулев, генерал Дмитрий Булгаковасул рагIабазда рекъон, Россиялъ байбихьун буго Украиналъул территориялда хурхен гьечIеб маххул нух базе.

Гьесулго рагIабазда, гьеб нух баялда гIахьаллъулев вуго Россиялъул 600 рагъулав ва 350 хасаб техникаялъул тайпа.

Маххул нухалъул цIиял гIаркьелаз рес кьезе буго Украиналде жанире инчIого, Воронеж ва Ростов областазул территорияздаса поездал хьвадизе.

Россиялъул транспорталъул министр Максим Соколовасул рагIабазда, гьел хIалтIабазе хвезабизе рагIула 57-гIанаб миллиард гъурущ.

XS
SM
MD
LG