МагъчIваялъе рес

Польшаялъул миллатчагIаз гьаракь борхизабулеб буго мигрантазде данде


Польшаялъул чанго шагьаралда тIоритIун руго мигрантал къабул гьариялде данде протесталъул акцияби. Гьел гIуцIцIун рагIула «ТIолабго польшаялъул гIолиллъи» абураб ва цогидал миллатчагIазул гIуцIияз.

Нижер радиоялъул мухбирасул лъазабиялда рекъон, гьезул гIахьалчагIаз ахIиял гьарулел рукIун руго «Жидее мигрантал гурел, репатриантал къваригIун ругин» абурал. Бицен гьабулеб буго Сталинил заманалда СССРалде ритIарал этникиял поляказул. Гьезул ахIиязул цояблъун букIун буго гьединго «Польша поляказе» абурабги.

XS
SM
MD
LG