МагъчIваялъе рес

Туснахъазда рукIарал хасал хъулухъазул хIалтIухъаби хисана Россиялъги Эстониялъги


Шпионажалъул гIайиб гIунтIизабун Псковалъул диваналъ туснахъалъул 15 сон жинде бихьизабурав Эстон Кохвер хисун вуго Россиялъе балъгояб информация кьунин абун Эстониялда туснахъалъул 16 сон бихьизабун вукIарав Алексей Дрессенихъ.

Гьелъул хIакъалъулъ Россиялъул Федералияб хасаб хъулухъалда базабун, лъабулеб буго ТАСС агентлъиялъ.

«КАПО» абураб Эстониялъул хIинкъигьечIолъиялъул полициялъул хIалтIухъан Кохвер ккун вукIана 2014 соналъул сентябралда. Россиялъул Федералияб хасаб хъулухъалъ лъезабуна, гьес агентураялъул операция тIобитIулеб букIун буго Россиялъул территориялда.

Эстониялъ лъазабулеб буго, Кохвер Россиялъул хасал хъулухъаз викъанин Эстониялъул террриториялдаса Лухамаа абураб гIорхъаби цIунулезул пункталда аскIовин ва тIалаб гьабулеб букIана гьев нахъ тIамичIого ватIаналде витIи.

2012 соналъул июлалда Эстониялъул Харьюс мухъалъул диваналъ полициялъул хIалтIухъан Алексей Дрессенида гIайиб гIунтIизабуна пачалихъалъе хияналъи гьабиялъул ва къотIана туснахъалъул тамихI.

XS
SM
MD
LG