МагъчIваялъе рес

СагIудиязул ГIарабиялда хIеж борхулезул гIемер чи хун вуго цоцаца мерхьун


Бищун дагь босун 715 чи хун вуго СагIудиязул ГIарабиялда хIеж борхулеб мехалда ккараб ахIи-хIуралъул хIасилалда. Зарал ккаразул къадарги бахун буго 805 чиясде.

ГIадамал хун руго цоцаца мерхьун Мина шагьаралда чIимих речIчIулеб церемония тIобитIулеб мехалда.

Трагедия ккараб бакIалда хвасарлъиялъул тадбирал тIоритIулел руго батIи-батIиял хъулухъаз. Дагьалъ цебе СагIудиязул ГIарабиялда ккун букIана цогидаб таргедияги. Маккаялъул аслияб мажгиталъул территориялда минаби ралеб кран бортиялъул хIасилалда хвана 111 чи.

Гьаб соналда щуго къоялъулаб хIеж борхиялъул кампания байбихьана 22 сентябралда. Гьелда гIахьаллъулев вуго 164 улкаялдаса кIиго миллион гIанав чи.

XS
SM
MD
LG