Россиялъул кIиго журналист чIваялъе квербакъи гьабиялъул гIайиб жинде гIунтIизабурай Украиналъул рагъулай Надежда Савченкоца цIидаса нахъ чIвана жиндего гIунтIизарулел гIайибал. Гьелъ лъазабуна, гьел гIайибал ругин гьересиял ва тIалаб гьабуна жиндирго гьикъа-бакъи гьересиялъул детектор хIалтIизабун гьаби.
«Дун киданиги кьвагьдун йикIинчIо ярагъ гьечIел гIадамазде. Артиллериялъул кьвагьдей битIизабулейлъунги дун киданиги йикIинчIо. Хъулухъги дица артиллериялда гуреб гьабулеб, дица гьеб авиациялда гьабулеб букIана», - ян лъазабуна Савченкоца Ростов областалъул Донецк шагьаралъул диваналда талат къоялда байбихьарал гIенеккиязда.
Гьелда цебе прокуратураялъ гIунтIизаруна жиндирго гIайибал. Савченкол адвокатазул цояв Марк Фейгиница лъазабуна, гьелде гIунтIизарулел гIайибал ургъунго гIуцIарал ругин.
Диваналъул данделъиялде журналистал риччачIо, процесс рагьараблъун лъазабун букIаниги.