МагъчIваялъе рес

Викъарав дагъистаниясда хурхараб хIукму къотIана Европаялъул диваналъ


20I0 соналдаго викъарав ГIабдурахIманов ГIабдурахIманил гIагаразул гIарзаялда хурхараб хIукму къотIун буго Европаялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб диваналъ.

Гьелда рекъон, лъугьа-бахъиналъул букIине кколеб къагIидаялда цIех-рехх гьабунгутIиялъе гIоло Россиялъ ГIабдурахIмановасул гIагарлъиялъе моралияб зарал хIисабалда кьезе кколеб буго 60 азарго евро.

ГIабдурахIман ГIабдурахIманов щуго соналъ цеве июналда вачун ун вуго жал щалали лъаларел гIадамаз. Хадуб кив гьев вугевали чIезавизе бажарун гьечIо.

XS
SM
MD
LG