МагъчIваялъе рес

Москваялда дандчIвана Россиялъулги Израилалъулгуи бутIрул


ГIагараб Машрикъалда бугеб ахIвал-хIал гьоркьоб лъеялъул мурадгун Израилалъул премьер-министр Беньямин Нетаньяху дандчIвана Москваялда Россиялъул президент Владимир Путингун. Ахирисес лъазабуна, жиндир пикруялда, Сириялъе къваригIун гьечIин Израилалъулгун рагъин, щайгурелъул гьелъул аслияб масъала жакъа хурхараб бугин жибго пачалихъ хIисабалда цIунизейин. Гьелдаго цадахъ Путиница абуна, Израилалъул нухмалъиялъул ургъелалги жинда ричIунел ругин.

Россиялъул президентас рагIи кьуна ГIагараб Машрикъалда билъанхъизабулеб Россиялъул политика кидаго жавабчилъиялъулаб букIине бугин.

«Израиль пачалихъалда руго Совет Сюзалъул кьалбал ругел гIемер гIадамал. Гьелъ нилъер гьоркьорлъабазе хасаб къагIида бихьизабулеб буго ва Россиялъул киналго галабиги регионалда кидаго рукIине ругин жавабчилъи бугел», - ян лъазабуна Путиница.

Нетаньяхуца кIвар буссинабуна регионалда ахIвал-хIал хасго ахирисел моцIазда хIалуццунеб букIиналде. «Дуда лъахъе, Ираналъ ва Сириялъ яргъил кумек гьабулеб буго радикалиял исламистазул террористиял къуватазе. Гьеб ярагъ гьез буссинабулеб буго нижер улкаялдеххун. Ахирисел соназда аза-азар ракета биччана гьез Израилалде», - ян абуна Нетантьяхуца.

XS
SM
MD
LG