МагъчIваялъе рес

Крым-татараз Россиялъул транспорт биччалеб гьечIо


ГьатIан къоялъ байбихьана Крым-татаразул Мажлисалъ гIуцIараб – Крымалде Россиялъул юк бачунеб транспорталъе нух къалъул акция. Гьенив вачIун вуго Украиналъул президентасда цеве крым-татаразул масъалаби тIуразарулев МустIапа Джемилев. Акциялъул гIахьалчагIаз Крымалъул административияб гIурхъида бетоналъул сангарал тIад чIезаруна. Россиялъ аннексия гьабураб Крымалъул бетIер Сергей Аксеновас гьеб иш какана.

XS
SM
MD
LG