МагъчIваялъе рес

Коми республикаялъул бетIер жаниве тIамун вуго


Москваялъул Басманный абулеб диваналъ цебеккунисеб хIукму гьабуна Коми Республикаялъул бетIер Вячеслав Гайзер кIиго моцIалъ жаниве тIамизе. Гьесде гIунтIизабулеб гIайиб – такъсирчагIазул жамгIият гIуцIи ва хIилла-макру гьаби.

Живго Гайзер гьеб гIайибалъе мукIурлъичIо. Гайзергун цадахъ жеги 19 чи ккун вуго. Гьезда гъорлъ Коми Республикаялъул Пачалихъияб Шураялъул бетIер Игорь Ковзель, хIукуматалъул бетIер хисулев Константин Ромаданов ва Федерациялъул Шураялда Коми Республикаялъул вукIарав сенатор Евгений Самойлов.

Россиялъул цIех-рех гьабулеб комитеталъул баяналда рекъон гъозул рукъзабахъ ва хIалтIул кабинетазда чIухь бан, ратун ругин гIемерал къиматал жал – сагIталги, баргъичалги. Гьеб гуребги ратун ругин документал.

Гьел документаз бихьизабулеб бугин офшоралъул активаздалъун пачалихъалъул 48 миллиард гъурущ бикъун бугеблъи. Вячеслав Гайзерица Коми Республикаялъе нухмалъи гьабулеб буго 2010 соналдаса байбихьун. Гьев ккола «Единая Россия» партиялъул тIадегIанаб Шураялъул мушаварачилъун.

XS
SM
MD
LG