МагъчIваялъе рес

Радикалаз чIвана Сириялъул 56 аскарияв


Сириялда радикалиял бусурбабазул къеркьохъаназ цо чанго къоялъ цебе хIукуматалъул 56 рагъулав хъулухъчи чIвана Идлиб вилаяталда бугеб Абу-аз-Зухр абулеб авиабазаялда. Гьеб аваиабаза исана сентябрь моцIалда бахъун букIана «Исламияб пачалихъалъул» къеркьохъаназ. Гьадин лъазабуна шамат къоялъ КIудияб Британиялда бугеб Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб централъ нугIзазул баяназда мугъ чIвай гьабун.

XS
SM
MD
LG