МагъчIваялъе рес

ЕСПЧялъ гьоркьор лъуна "Болотная ишалъул" тIоцересел гIарзаби


Инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалдаса Европаялъул диваналъ гьоркьор лъуна «Болотнаялъул ишалъул» тIоцересел гIарзаби.

Гьелъ Россиялда тIадаблъун бихьизабуна гьенире гIарзаби кьурал Леонид Ковязиние, Артем Савеловасе ва Илья Гущиние компенсацияби кьей.

ТIоцевесес аресталда гъоркь бахъана сон гIанаб заман, хадуб гьесие амнистия лъазабуна. Савеловасеги Гущиниеги диваналъ бихьизабуна туснахъалъул кIигогун бащдаб сон.

Ахирисезда хурхун Россиялъул тIалъиялъ хвезабун буго Европаялъул Конвенциялъул диваналъул мухIканлъи чIезабиялда хурхараб статья. Ковязинида хурхун – Конвенциялъул инсанасул ихтиярал ва эркенлъи цIуниялда хурхарал статьяби.

XS
SM
MD
LG