МагъчIваялъе рес

Пенсиялъул гIелалъул даража борхизабизе бегьула Россиялда


Хадусеб соналда пенсиялъул гIелалъул даража борхизабизе бегьула Россиялда. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго «Ведомости» газетаялъ кIудияв пачалихъияв хъулухъчиясда базабун.

Пенсиялъул гIелалъул даража борхизабиялъул тема Россиялда актуалияб буго ахирисеб чанго сонида жаниб. Гьеб галиялъул рахъ кколеб буго финансазул министр Антон Силуановас. Гьесул пикруялда, гьелъ рес кьезе буго бюджеталъул ва демографиял проблемабазул хIалуцин дагьлъизабизе.

Пачалихъияб Думаялъул вице-спикер Андрей ГIисаевас нахъ чIвалеб буго гьединаб информация. Гьесул пикруялда информалатаз тIибитIизабулеб гьелъул хIакъалъулъ информация ккола гьереси яги жавабчилъи гьечIел хъулухъчагIазул хьвада-чIвади.

XS
SM
MD
LG