МагъчIваялъе рес

Россиялъ хIадур гьарулел руго Украиналде данде иргадулал жавабиял санкцияби


Украиналъ лъазарурал цIиял санкциязде жавабиял тадбирал гьариялъул хIукму гьабизе бугин Россиялъул КъватIисел ишазул министерлъиялъин, лъазабуна вице-премьер Аркадий Дворковичица.

Гьесул рагIабазда, хIукуматалъ баянлъизаризе руго, Украиналъул галабазул рукIине бегьулел хIасилал ва гьел ракIалде росун хIадур гьаризе руго жиндирго церелъеял.

АрбагI къоялда Украиналъ цIидаса загьир гьабуна Россиялде данде санкциязул сияхI. Гьеб хурхараб буго официалиял гIадамаздаги батIи-батIиял гIуцIабаздаги.

Гьеб сияхIалда Россиялъул официалиял хъулухъчагIазда гъорлъ рехсолел руго улка цIуниялъул министр Сергей Шойгу, Пачалихъияб Думаялъул нухмалъулев Сергей Нарышкин, Конституциялъулаб диваналъул бетIер Валерий Зорькин, лъималазул омбудсмен Павел Астахов, Чачан республикаялъул бетIер Рамзан Къадиров ва цогидал политикал.

Санкцияби хурхунел руго гьединго Россиялъул «Трансаэроялда», гьеб жиндилъего босараб «Аэрофлоталда» ва цогидал авиакомпаниязда.

XS
SM
MD
LG