МагъчIваялъе рес

«Ленфильмалъул» Шамил имамасда релълъарав вукIинадай?


700 млн гъурущги харж гьабун Россиялъул "Ленфильм" компаниялъ Дагъистаналда бахъизе буго имам Шамилил хIакъалъулъ фильм.

Амма букIине бугищ гьелъул сценарийги живго аслияв геройги цодагьабгIаги хIакъикъаталда данде кколеб? Ялъуни гIурусаз гьеб тIаса бихьизабизелъунищ гьабизе бугеб? - гьединаб буго дагъистанияз гьеб фильмалда хурхун загьир гьабулеб аслияб щаклъи.

Дагъистаналъул интеллигенцияги данде гьабун, Имам Шамилил хIакъалъулъ бахъизесеб фильмалъул сценарий гьоркьоб лъуна гьал къоязда МахIачхъалаялда Москваялдаса рачIарал «Ленфильмалъул» вакилзабаз.

Гьел гьединго ун рукIана Унсоколо мухъалде, генерал Граббел нухмалъиялда гъоркь рагъулел гIурус аскаразда данде 70 сордо-къоялъ Шамилил муридзабаз дандечIей гьабураб АхIулгохIалъухъ балагьизеги. Дагъистаналда гьеб хIалтIи цебетIеялъе вакил гьавурав чи Унсоколо мухъалдаса ГIалихIажиев МухIамадица ЭР-ялъе бицана жибго фильм АхIулгохIда бахъизе гьечIила.

Щайин абуни муридзабазул бидуца лъалъараб гьеб бакI цIакъго хириябги, гIадамаз хIетIе чIезе гъукъараб бакIлъунги рикIкIуна. Гьединлъидал балагьизе буго АхIулгохIалда релълъараб гохI. Фильмалъул аслиял сценабийин абуни рахъизе рагIула жибго доб кинокомпаниялъул павильоназда жанир.

Имам Шамилил хIакъалъулъ фильм бахъиялда тIасан данделъараб бакIалда вукIана Авартеатралъул бетIерав режиссер ХIайбула ГIабдулгъапуровги. Амма гьесул ракI рекъон гьечIо гьеб хIалтIуда. Дагъистаналъул тарихги, маданиятги, гIамал-хасиятги лъалев чиги гъорлъе цIан хъвазе ккелароанищдила сценарий.

Жибго гьеб суал гьоркьоб лъураб данделъиялдеги ахIун рукIанин аскIобе гIагарунгицин тарихалдаги искусствоялдаги гьечIел, дора-аниса гIадамалин абуна ХIайбула ГIабдулгъапуровас.

ХIайбула ГIабдулгъапуров: «Гъора руго (сценариялда – ЭР) Николайги, Курносовги, лъимал-жалги… Дагъистаналъул хIакъалъулъ фильм бахъулеб бугони, гьенив вижарав, гьелъул хIал-хIукму лъалел, гьелъул махI чIварав, гьенив кини кIибикIарав чи гIахьал гьавизе ккола. Амма гьанже лъугьун руго Шамилилги ХIажимурадилги хIакъалъулъ фильмал рахъизеян лъугьунел руго, миллияб суалги гIочIода чIван. Цебеккунго сценарий щай дандбазе кьолареб, гьеб иш лъалел чагIиги – филологалги, тарихчагIиги, журналисталги - ракIарун?

Жули-гIаламги бакIарун, гьабунищ-гьабуна ян абизе къваригIунищ гьеб гьабулебали, гIабдалзабилъун гIадамалги хIан. Дун вукIана гьединан суал кьелин гъозиеян. Амма нахъойги тана – тIанчида хъван кьуна I3 суал. Лъаларо, щиб гъоз гъолда гьабурабали. Дида бичIчIухъе, цIакъ мукъсанабго жо буго гъоб (фильмалда тIад гьабулеб хIалтIи – ЭР)».

Гьеб мажлисалда рукIарал цо-цо чагIаз ЭР-ялъе бицана щаялиго Шапи Казиевас хъвараб сценарий къабул гьабичIин Москваялдаса кино бахъулел чагIаз. Гьез гьениб тасдикъ гьабунин Михаил Коновальчукил сценарий. Москваялда гIумру гьабулев Дагъистаналдаса хъвадарухъан, драматург Шапи Казиевасул буго Имам Шамилил хIакъалъулъ хъвараб тIехь. Гьелдалъун машгьурлъанин гьевинги рикIкIуна тIоцеве. Амма Шапи Казиевас ЭР-ялъе баян гьабуна иш батIайисан букIанилан.

Шапи Казиев: «Гуро, гьезие дир сценарий къабуллъичIин абураб жо букIинчIо гьениб. Шамилил хIакъалъулъ дица къиса хъван букIинги хIисабалде босун, гьез дида абулеб букIана сценарий хъвайилан. Амма дир руго цогидал гIезегIан проекталги контракталги. Гьединлъидал дие заман гIеларо гьеб фильмалда тIадги хIалтIизе».

«Ленфильмалъ» бахъулеб фильмалда Шамиль имам асир гьавуниланищ гьеб фильмалда бихьизабизе бугеб, яги гукканиланищ абизе бугебали – гьеб бугин жиндие кIвар бугеб бакIин бицана ЭР-ялъе режиссер ХIайбула ГIабдулгъапуровас. Жакъа къоялде щвезегIанги чIванкъотIи гьечIеб суал бугин гьебилан рикIкIуна тарихчагIаз.

ХIайбула ГIабдулгъапуров: «Рекъел гьабизе вачIараб бакIалда гIурусаз гьев гукканиланищ бихьизабизе бугеб гъоз фильмалда? Вас Жамалудинги кьун рекъел гьабизейин хIукму ккун хадуб талавур гьабуна кIиябго росуги, чIвана руччаби-лъималги, гуккана имамги. Чан нухалда гьедин ккараб? Ахиралдаги гьединго гуккана гьев. Рекъел гьабизейин вачIараб бакIалдасан чIегIер-гъеду гIадин вачун ана Калугаялде. ГIемер тарихиял суалал руго гьенир.

Гьанже демократия букIунилан бокьа-бокьараб жо гьабизе бегьулебищ? ЦIадаса ХIамзатица битIун абуна гъоб: ихтияр щваниги щиб жо эбали жеги дур тIанчIазда бичIчIулеб гьечIин. ТIанчIазда гуро, гIиязда релълъун буго ахирисеб анцIго соналъ Дагъистаналъул литератураги искусствоги».

Бицен гьабулеб фильмалда тIад харж гьабизехъин буго 700 млн гъурущ. Гьеб бугин аслияб куцалда инвесторазул гIарацилан бицана «Ленфильмалъул» вакилзабаз.

Россиялда гьечIо Имам Шамилил хIакъалъулъ бахъараб рагIа-ракьанде щвараб фильм. Буго гIицIго жал режиссералин чIарав чанго чияс Дагъистаналда бахъараб фильм – «Рай под тенью сабель».

XS
SM
MD
LG