МагъчIваялъе рес

Москваялда къан буго Америкалъул маданияб Центр


Россиялъул тIадтараз хIукму гьабуна Москваялда ТIолго Россиялъул пачалихъияб библиотекаялда цебе хIалтIулеб букIараб Америкалъул Центр къазе.

Цолъарал Штатазул вакиллиялъ гьелда бан абулеб буго, гьеб пашманаб хIужа бугин. Россиялда Америкалъул илчи Джон Теффтица рекIелъ кIудияб гIагалигун абуна, гьелдалъун ахиралда щванин къоло кIиго соналъулаб цадахъаб маданияб хIалтIи.

XS
SM
MD
LG