МагъчIваялъе рес

Хорватиялъ мигрантазе гIурхъи рагьулеб буго


Хорватиялъул гIурхъаби цIунулеб хъулухъалъул бетIер Златко Соколарица лъазабуна, жиндир улкаялда кIолин тIоцебесеб этапалда 3000 мигрант къабул гьавизе. ГьабсагIат Хорватиялъул гIурхъиде анлъазаргогIан полициялъулав цIан вуго. Аммаила, Хорватиялъ мигрантазе нух къазе гьечIин, тIаде жубана Златко Соколарица.

Гьелъул гIаксалда Туркиялъул гIурхъаби цIунулез Грециялъулгун бугеб гIурхъи къан, Сириялдаса лъутулел гIадамал риччалел гьечIо. Эдирне абулеб турказул шагьаралда аскIов аза-азар чи чIун вуго. Турказул тIадтараз гъозие квен-тIехьги, хIажатаб щинабги кьолаго, Сириялде нахъе руссеян гьарулеб буго.

XS
SM
MD
LG