МагъчIваялъе рес

Керри Лавровгун кIалъана


Америкалъул Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица талат къоялъ телефоналъ гара-чIвари гьабуна Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровасулгун. Гьоркьоб лъураб суал – Сириялда халат бахъунеб конфликт.

Керрил хIисабалда Россиялъ Башар Асадил низамалъе рагъулаб кумек гьабиялъ Сириялъул конфликт гъварилъизабулеб бугин ва экстремизмалде данде бачунеб къеркьеялъе квалквал гьабулеб бугин. Джон Керрица гьединго абуна «Исламияб пачалихъалде» данде коалициялъ бачунеб рагъулъ Россиялъ гIахьаллъи гьабулебани Цолъарал Штатаз гьелъие лъикIаб къимат кьелаанин.

XS
SM
MD
LG