МагъчIваялъе рес

Гъуниб мухъалда иргадулаб нухалда хасаб низам лъазабун буго


Dagestan / "Tasiyab Gunib" - natural park
Dagestan / "Tasiyab Gunib" - natural park

Талат къоялъул радакь анлъгоялдаса нахъе Гъуниб мухъалда терроризмалде дандечIараб низам лъазабун буго хасал идарабаз. Гьез лъазабулеб буго Сугъралъ ва Бухтиб росабазул ракьазда изну гьечIого яргъидгIуцIарал рахчун ратизе бегьулин абурал баянал щун ругин жидехъе, гьелъул цIех-рех гьабизе ва экстремистал ралагьиялъе хасал тадбирал тIоритIизе чIезабун бугин гьеб низамилан.

15 сентябралъул къад щуго тIубараб мехалдаги Гъуниб мухъалда тIоритIарал хасал тадбиразул хIакъалъулъ кинаб букIаниги хIасил къватIибе кьечIо къуваталъул идарабаз.

БакIалъул гIадамаз бицухъе рагIулеб бакIалдаса гIебеде кибниги кьвагьиги букIун гьечIо гьеб мухъалда, ккурав чиги рагIичIин абулеб буго гьез. Сугъралъ, ЧIохъ росабазул гIорхъода цохIо хасаб рагъулаб техникаги къуваталъул идарабазул гIемерал хIалтIухъабиги ракIарун ругин лъазабулеб буго гьез.

Гьединго Дагъистаналда 15 сентябралда кIодо гьабулеб цолъиялъул къоялъул хIурматалда Сугъулдерил ракьалда Надир-шагь щущахъ виххизавиялъул хIурматалда бараб мемориалияб комплексалда тIоритIулел байрамалъулал тадбиразеги гьеб хасаб низам лъазабун букIиналъ щибго квалквал гьабун гьечIо, гьенирехунги бокьарал чагIиги, автотраспортги биччалебги букIун буго.

Гьединго Дагъистаналъул жанисел ишазул министрелъиялъ лъазабулеб буго итни къоялъул сардилъ анцIго тIубалеб гIадаб мехалда Унсоколо мухъалъул Майданское росдала аскIоб щалали лъаларел чагIаз полициялъул хIалтIухъан лъукъун вугилан. Гьезул баяназда рекъон мухъалъулаб полициялде кIалъан рачIун руго Майданскоялда аскIоб кьвагьи бахъанилан.

Гьенире хал-шал гьабизе арал полициялъул хIалтIухъабазда кьвагьи бахъараб бакI батун гьечIо Майданскоялда аскIоб, гьенибго росу рагIалда чIезабун букIараб автомобилалъув рекIарасда документал рихьейилан низам цIунулез абураб мехалда полициялъуласда нусги кьабун тIурун ун вуго гьев чи.

Гьев къуваталъул идарабазул хIалтIухъан гьаб сагIат азарханаялда вугин, гьесул гIумруялъе хIинкъи гьечIин лъазабулеб буго хасал идарабаз.

Гьеб такъсир гьабурав чи валагьизе Унсоколо мухъалдаги гьенир аскIор ругел мухъаздаги хасал тадбирал тIоритIулел ругин лъазабулеб буго жанисел ишазул министерлъиялъги. Гьеб Майданское росдал гIадамаз «Эркенлъи» радиоялъе кьурал баяназда рекъон росулъа гIебеде харбал тIиритIун рагIула унголъунги итни къоялъул сардилъ кьвагьи бахъанин ва гьенив цо чи хун вугин абун.

Гьесул жаназа тIу-тIун букIиналъ гьев чи жеги щивали чIезавун бажарун гьечIин абун. Гьеб информациялда тIасан къуваталъул идарабаз жеги официалияб баян кьолеб гьечIо.

Гьебго итни къоялъул сардилъ Дербент мухъалъул Рубас росулъ цо чIужугIаданги кIиго бихьинчиги чIван руго щалали лъаларел чагIаз. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул баяназда рекъон чIварай йикIун йиго палтIамулей чIужу, гьелдаго цадахъ чIван вуго гьелъул росги, гьоболлъухъ вачIун вукIарав гIагарав чиги.

Низам цIунулезул щаклъи буго гьей гIадан палихъан йикIиналъ, изну гьечIого яргъидгIуцIараз гьабун батилин гьеб такъсирилан абун. Гьезул баяназда рекъон цебе-цебеги чанцIулго гьей чIваралъе хIинкъалаби кьолел рукIун руго рохьилаз.

«Эркенлъи» радиоялъухъе щварал мухIканал гурел баяназда рекъон гьелъул минаялда цIа гъезеги хIал бихьун букIун буго гьелго изну гьечIого яргъидгIуцIараз. Гьелдаса хадуб чанго моцIица росулъа нахъе ун йикIун йиго гьей, хадуб тIад юссараб мехалдаги цIидасан жиндирго пишаялде юссун йиго гьей, амма гьеб кинабго иш балъго гьабулеб букIун буго.

Хасал идарабазул баяназда рекъон гьеб тIадекIанцIиялъулъ лъабго чияс гIахьаллъи гьабун буго ва чIваразул автомобильги бачун тIурун руго гьел. Гьел кквезелъул Дербент мухъалдаги,МухIарамкент мухъалдагун, Табасараналдаги хасал цIех-рехалъулал тадбирал унел ругин лъазабулеб буго низам цIунулез. Ахирисеб нухалда палихъан Дагъистаналда чIван йикIана 2013 соналда Хасавюрталда.

XS
SM
MD
LG