МагъчIваялъе рес

Халкъал цолъизариялъе байрамищ къваригIунеб?


15 сентябралда Дагъистаналда кIодо гьабуна «ТIолго республикаялъул халкъал цолъиялъул къо» абураб байрам. Гьеб байрам кIодо гьабизе байбихьаралдаса исана ункъо сон тIубалеб бугониги жеги цо-цо дагъистаниязда рагIа-ракьанде щун лъалеб гьечIо гьеб байрам сунда хурхараб бугеб ва гьеб кIодо гьабиялъе аслулъун кинаб лъугьа-бахъин букIарабалиги. Амма мугIрузул мухъалда гьеб къоялда хурхун кIудияб тадбир тIобитIарал чагIаз абулеб буго гьеб байрамалъул къимат лъалел чагIи соналдаса соналде цIикIкIунел ругилан.

Гьеб байрам республикаялда тIобитIулеб буго 2011 соналдаса байбихьун. 1741 абилеб соналъ Ираназул шагь Надирида тIад дагъистанияз гIаммаб бергьенлъи босараб къо букIинги хIисабалде босун, 15 сентябрь «Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къо» абун кIодо гьабизе хIукму гьабуна 2010 соналъул декабралда тIобитIараб Дагъистаналъул халкъазул съездалда.

Гьедин щибаб соналъ гьеб байрамъко кIодо гьабулеб бугониги жеги гьеб къоялъул хIакъикъат рагIа-ракьанде щун лъаларел чагIиги руго республикаялда.

Гьеб баянлъана «Эркенлъи» радиоялъ гIадатиял гIадамазда гьоркьоб тIобитIараб цIех-рехалдаса. Гьезул гIемерисезда гIодобкъолъун лъазабун букIин гурони, щиб сабаблъун гьеб къо кIодо гьабулеб бугебали жеги лъалеб гьечIо. Мисалалъе Каспийск шагьаралда гIумру гьабун вугев МухIамадица рикIкIунеб буго гьеб байрам кIодо гьабиялъул щибниги магIна гьечIилан

МухIамад: «Дица рикIкIуна гьеб байрам тIобитIиялъул щибниги хIажалъи гьечIилан. Гьадинги цолъун руго Дагъистаналъул халкъ гьеб къо халкъалъул цолъиялъул къолъун лъазабичIониги. ГIадада хIукуматалъул бюджет харж гьабула байрам къо гьабулелиланги абун. Майданалдеги рахъун щибго гурел тадбиралги гьарула. Гьелдеги долдеги регIуниш бугеб хIукуматалъул нухмалъи, гьадин нахъе ккараб хIалалда республикаги тун».

Гьединабго пикру буго МахIачхъалаялда гIумру гьабун вугев Хунзахъ мухъалдаса Шамилилги. Байрам кIодо гьабулелиланги абун гIадада гIарац харж гьабулеб бугин хIукуматалъилан рикIкIунеб буго гьес.

Шамил: «БитIараб бицаниги гьеб байрамалъул дида цебе лъалеб жоцин букIинчIо. Сон-церекъад дида абуна 15 абилеб къо гIодобкъолъун лъазабулеб бугилан, амма щиб байрам гьеб къоялъ кIодо гьабулебали дида лъалароан, гьабсагIат хIисаб гьечIелъул гьел байрамакъоязулги, хадуб дида бицана щиб къо гьеб кколебали.

Амма щиб гьабизе гьеб кIодо гьабулебали дида бичIчIуларо, Дагъистаналда чанги чи вуго вакъуца хвеялде ккун, рокъоб кваназе рикъзи гьечIого. Гьезие садакъаде щай кьолареб гьеб байрамалде тIад хвезабулеб гIарац.

Лъималазул рокъобе кье хIажатабщинаб жо босун, гьеб букIинаан кири кIудияб иш. Доле Чачаналда щай гьечIел гьединал лъималазул рукъзал, нилъер гьаниб щай гьединаб квачIакълъи букIине кколеб. Гьеб буго дир битIахъего ГIабдулатIиповасе кьолеб суал».

ТIоцебе гьеб къо кIодо гьабиялъе байбихьи лъурал чагIи ккола «Вацлъи» абураб жамгIияб гIуцIиялъул хIаракатчагIи. Гьезул ва гьединго мухъалъул нухмалъиялъул квербакъиялдалъун Надир шагьасул аскар щущахъ биххизабураб бакIалда, Сугъралъ росдада аскIоб ХIицIиб магъилъ рагьун буго ВатIан абураб мемориалияб комплекс.

ХIицIиб Дагъистаналъул Халкъал цолъиялъул къоялда хурхун тIобитIараб тадбир. 15 сентябрь 2015 сон
ХIицIиб Дагъистаналъул Халкъал цолъиялъул къоялда хурхун тIобитIараб тадбир. 15 сентябрь 2015 сон

Щибаб соналъ гьениб тIобитIула кIудияб тадбир.

Исанаги гьенир сверухъ ругел росабалъан гIемерал гIадамалги рачIун кIудияб ихтилат гIуцIанилан бицана тадбиралъулгIуцIарухъабазул цояв, Гъуниб мухъалда маданияб бутIаялъул нухмалъулев МухIамадов МуртазагIалица.

Гьес абулеб буго гьеб байрамалъул къимат бичIчIулел гIадамал соналдаса соналде цIикIкIунел ругилан.

МуртазагIали МухIамадов: «ЦохIо жакъа къоялъул мисалалда босаницин Гъуниб мухъалъул щибаб росулъа 15-20 чиги гьаниве вачIунев вукIана вугони, нилъер умумуз гIаммав тушманасда тIад босараб бергьенлъи босараб бакIалдеги ракIарун кучIдулги рикIкIунел ругони, гьеб байрамалъул кIодолъиги гьелъул къиматги бичIчIичIого букIиниш? ГIадамазда гьеб бичIчIунги лъанги букIиналъ щибаб соналъ гьанире рачIунел гIадамазул къадарги цIикIкIунеб буго.

ХIатта исана нижеца гьанире сверухъ ругел росабалъа ахIулел чагIазул къадар дагь гьабизецин ккана, щайгурелхул цохIо Гъуниб мухъалъул щибаб росулъа рачIарал гIадамазул майданал тIоритIизе ккани цогидазе балеб бакI гIолеб букIинчIолъиги хIисабалде босун.

Исана гьанире рачIун рукIана Унсоколо мухъалъул росабалъа чагIи, нилер умумузл цер рагъулъ хIалтIизарулел рукIарал гIарадаби, хвалчаби ва цогидабги яргъил сурсатги цадахъ босун. Гьел рачIун рукIна цере нилъер умумузул букIараб миллияб ретIелги ретIун. Гьединго исанасеб тадбиралда гIахьалъи гьабуна Венгриялдаса гьоболасги.

Гьезул доба 1956 соналъ рукIарал рагъулал лъугьа-бахъиназул гIахьалчагIазулги, Афгъанистаналда рагъулел рукIаразулги ХIицIиб магъилъ Надир шагьасда данде рагъулел рукIарал нилъер умумузлуги гIаммаб тема ккола цо, гIаммав тушамансде данде рагъулаго бихьизабураб бахIарчилъиги, къохIехьейги».

Надир шагь щущахъ виххизавурав куцалъул хIакъалъулъ гIатIидаб куцалъ рагьун буго цIалдолезе «ГIандалал» абураб къисаялда хъвадарухъан МухIамад Хуршиловас, гьединго Надир шагь щущахъ виххизвиялде гьабураб халкъияб кIочIолъги.

XS
SM
MD
LG