МагъчIваялъе рес

Цолъиялъул къо ва рогьоги гьунарги цого гьакида


Жакъа Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къолъун лъазабун буго хIукуматалъ. Лъазеги гьабун буго официалиб къагIидаялъ цеве вукIарав президент МухIамадсаламица хъван указгун. Гьаб байрам баккиялъе гIиллалъунги рагIула 1741-абилеб соналъ кIудиялгун аскаралгун Дагъистаналдет вачIарав къажаразул шагь Надир щущахъ виххизави. Цолъанищха гьаб указалъ дагъистаниял? ЦолъичIо. ТIадеги рикь-рикьизаруна ва гIемерал бахIсалги, дагIбаялги рукIана 2011 абилеб соналъ гьаб къо чIезабурабго.

Гьеб рагъул аслиял бахIарзал жал ругин Гъазигъумекиб Сурхайханасул вас МуртазагIалие памятник лъуна тумаз. Жидер ракьалда ккараб ва ва жидеца нахъ чIвараб балагь бугин кIалъана гIандалал.

Киналго Надиршагьихъе кверде ине къачIан рукIана жидер гIалим ИбрагьимхIажияс Дагъистаналде хитIаб габичIони абун рукIана гьид. Гьеб тIолго магIарулазулги цадахъ тумазулги бергьенлъи буго ва гьеб рагъул кор бекизабуна ЦIоралдаса аскргун рачIун кIиго бахIарчияс Унсоколоса Малачица Анцухъа Гелегацаян баян кьуна тарихчи Айтберовас.

ХIасил калам халкъал цолъизариялъе гIоло гьабураб байрамалъ тIадеги рикьизеги гьарун, гIемераб питна тIамун букIана чанго соналъ цебе. «ГIадамал цолъизе ккани хIажалъула гIаммаб пикру. Масала, цо чи вачIани гьобо базе рахъизе кколин, гьобо къварегIарав щинав чиги къватIивги вахъун цолъула халкъ гьеб ишалда сверухъ.

Дида бичIчIуларо магIарулал цолъизе кколин гаргадизе цере рахъулел гIадамал. Нуж цолъейин гъоз абулеб мехалда мегеж кIвалев чияс щиб гьабизе кколеб? Ражи бухулей гIаданалъ щиб гьабилеб? ТIадеги рахъун магIарул мацIалда кучIдул цIализейищ байбихьилеб?» - ин хъван букIана ГъалбацIовас гьаб суалалъул хIакъалъулъ.

Лъалеб букIахъе нилъехъе гьеб цолъизе ккеялъул пикру гьитIинаб къояллдасаго нахъе бугIула рокъобги къватIтибги. Рокъоб эбел инсуца малъула кIудияз гьитIиназул тIалаб гьабейин, гьитIиназ кIудиязул адаб тогейин.

Яц-вацал цоцалъ рекъараб гIадаб хъизан букIунарин. Хадуб гьебго пикру бачIуна тухумалде, росдаде ва районалде, республика бахун къватIире ккейгун миллат гьикъула ва дагъистаниял ралагьула.

РачIаха хIисаб гьабизе гьеб гIадаталъул пайдайищ цIикIкIун бугеб заралищали. Нилъеда лъала республикаялда коррупция цIикIкIиналъеги ришватал росиялъеги, квешаб, иш лъалареб нухмалъи тIаде кккеялъеги аслияб квербакъи гьабула гьеб тухумчилъиялъ (клановость) абураб жоялъ.

Щай гурелъул лъимадасаго «гьеб нуж цолъизе ккола» абураб жоги малъун виччарав хIакимас ишги лъалев, лъайги бугев хIалтIухъанасул бакIалда восула гIагарав, росулъа, районалдаса чи. Гьелда релълъараб букIуна нухмалъиги. ЛъикIаб жо букIун гьечIогури гьедин батани гьеб «цолъи»?

Амма щибаб жоялъул букIуна кIиго рахъ, ралагьилин цогидаб рахъалдасаги. Масала, цо тохаб, инжитаб, рогьояб жо чиясухъа ккани нилъер гьанир гьеб ишалдаса тIоцере нечола эмен, вац, тухум, росу, район ва хадуб миллат. Гьеб тухумчилъиялъ цIунула гьев рогьояб иш гьабиялдаса, щай гурелъул рогьо цохIо жиндалъун лъугIулареблъи лъала гьесда.

Гьединго чияс гьабураб гьунаралдасаги чIухIула киналго. ХIасил калам, чи гьунар гьабизеги, рогьоялдаса цIунизеги тIамулев ватана гьебго «цолъиялъ» ва тухумчилъиялъ. Сундулъха бугеб проблема? Квеш ккараб жо буго гьел «рогьоги гьунарги» абурал рагIаби ричIчIулел руго гIадамазда батIи-батIияб къагIидаялъ.

Масала, гIемерисезе жакъа капек ришватги босичIого, хIалалаб боцIиги кванан, рекъараб харжида бацIцIадаб гIумру гьабулев чиясдаса гIадамалги чIван, ришватги босун, гIарацги бикъун вачIарав вас, вац, росуцояв, районцояв цIикIкIараб къадруялда вуго.

Нилъеда бихьулеб буго гIадамазул бутIрузулъ бугеб жоялда бараб букIун буго кинабго. Цояб рахъалъ цолъун такъсирал гьарулел руго, цогидаб рахъалъ цолъиялъ ва тухумчилъиялъ квешлъиялдаса ва рогьоялдаса цIунулев вуго инсан.

Кинабго бараб буго тарбиялда ва халкъалъул рухIияб рахъалда. Дица баркула киналго лъикIал ишазе гIоло рачел къарал бахIарзазда жакъасеб Дагъистаналъул байрам – цолъиялъул къо. ЛъикIал къасдазеги, пайдаял ишазеги, баракатаб гIумруялъеги цолъун ратайги киналго дагъистаниял.

XS
SM
MD
LG