МагъчIваялъе рес

Шенгеналъул зонаялъул жанисел гIурхъаби нахъеги къан руго


Итни къоялъ Венгриялъ лъазабуна, жиндирго гIурхъи цIунулез контроль кьваризабизе бугин жамгIияб низам цIуни мурадалда ва легалиял гурел мигрантазул мисал гьечIеб карачелалде дандечIей гьаби мурадалда.

Мадугьаллихъ бугел улкабазги жидерго гIурхъаби къан руго. Австриялъ жидерго аскариял ритIана Венгриялъулгун бугеб гIурхъи цIунизе.

Шенгеналъул зонаялъул улкабазе изну кьун буго заманалъ цIидасан хIалтизабизе жанисел гIурхъаби цIунулеб контроль.

Итни къоялъ рехсараб проблема дандбана Брюсселалда Евроцолъиялъул жанисел ишазул министрабаз.

XS
SM
MD
LG