Итни къоялъ Евроцолъиялъ жеги анлъго моцIалъ халат бахъинабуна Украиналда ругел сепаратистазде данде лъазарурал санкциязул болжал.
ГIаммаб къадаралда 149 чи буго Евроцолъиялъул сияхIалда. Гьезие гьукъун буго 15 март щвезегIан Европаялъул 28 улкаялде рачIине. Гъозул финансабазул активал цIорозарун руго.
Цо-цо тадбирал гьединго хIалтIизаризе руго аннексия гьабураб территориялда хIалтIулел Россиялъул депутатазде ва рагъулал хъулухъчагIазде данде.