Мисиралъул хIинкъи гьечIолъи цIунулел хъулухъчагIаз гъалатIалдалъун чIвана Мексикаялдаса вачIарав 12 турист.
Низам цIунулезда кколаан гьел ругин Исламияб Пачалихъалъул рагъухъаби. Мисиралъул жанисел ишазул министерлъиялъул баяналда рекъон бахъараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда жеги анцIгогIан чи лъукъун вугин.
Туристал рекIараб автомобиль гьукъараб зонаялде бачIун букIанин ва гьелдалъун гьединаб пашманаб гъалатI ккана, - ян абулеб буго Мисиралъул низам цIунулез. ГьабсагIат гьелъул мухIканаб цIех-рех унеб бугин.