МагъчIваялъе рес

Кишиневалда цIидаса рухIалде бачIана протесталъул хIаракатчилъи


Кишиневалда цIидаса рухIалде бачIана протесталъул хIаракатчилъи. «Гражданияб платформа» абураб багъа-башариялъ гIуцIараб акциялда гIахьаллъана 20 азарго гIанав чи. Молдовалъул талъиялдаса гIадамаз тIалаб гьабулеб буго хъулухъаздаса нахъе ин.

Акциялъул лидераз лъазабулеб буго, нухмалъиялъ жидер тIалабал тIуразаризегIан ва иргадулал рищиял тIоритIизегIан, протесталъул акцияби халат рахъинаризе ругин. Гьеб гуребги акциялъул гIахьалчагIаз тIалаб гьабулеб буго «халкъияб божилъиялъул» хIукумат гIуцIизеги.

XS
SM
MD
LG