МагъчIваялъе рес

«Нормандиялъул ункъилабалъе» икъбал щун буго кIалъа-басаязда


Германиялъул къватIисел ишазул министр Франк-Вальтер Штайнмайерица лъазабуна, Берлиналда тIобитIараб «Нормандиялъул ункъилабалъул» данделъиялда кIудияб прогресс щванин Украиналъул машрикъалъул рахъалда конфликт рагIалде бахъинабиялъул суалалдайин.

Франциялъул, Россиялъул ва Украиналъул къватIисел ишазул идарабазул бутIрузулгун рукIарал консультациязда хадуб шамат къоялъ маркIачIуда гьес лъазабуна, кIвар кIудиял суалазда хурхун жидеца гьарунин лъикIал галабийин ва хьул бугин гIагарисеб заманалда конфликталъул рахъазул контакталъул мухъалдаса рагъулаб техникагун ярагъ нахъе бачиналдалда хурхараб къотIи-къай гьабизе букIиналъул.

Штайнмайерил рагIабазда, гара-чIвариялъул киналго гIахьалчагIаз тасдикъ гьабун буго Донбассалда кьвагьдеялдаса инкар гьабиялъул режим хутIизеги щулалъизеги бокьун букIиналъул пикру.

Россиялъул КъватIисел ишазул министерлъиялъул бетIер Сергей Лавровас лъазабуна, къалъа-басаяз жиндилъ позитивияб асар бижанабунин.

Украиналъул къватIисел ишазул министр Павел Климкиницаги лъазабуна, гьеб гара-чIвариялъул гIахьалчагIи Нью-Йоркалда Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Генералияб Ассамблеялъул данделъиялда данчIваниги лъикI букIинанин. ООНалъул Генассамблея тIобитIизе буго 15 сентябралда.

Германиялъул, Россиялъул, Украиналъул ва Франциялъул лидерал «Нормандиялъул» форматалда иргадулаб нухалда данчIвазе ккола 2 октябралда.

XS
SM
MD
LG