МагъчIваялъе рес

ПАРНАС партиялъул вакильзабазе кисса-кибего рищиязде нух къалеб буго


Россиялъул ТIадегIанаб диваналъ къануналде данде кколеблъун рикIкIана Магадан областалъул думаялде депутатлъиялде ПАРНАС партиялъул кандидатазул сияхIалъул регистрация гьабизе инкар гьаби.

Алексей Навальныясул пиша цояв Георгий Албуровас лъазабуна, багьаналъун рехсанин, жидер гъулбасал гьересиял рукIин, аммайин, гьел гъулбасал жинцаго ракIарун рукIанин ва гьел хIакъал рукIинги жидеца тасдикъги гьарун рукIанин жалго гъулбасал лъурал гIадамал гIахьаллъизарунин, жубана гьес.

Цогидав жамгIияв хIарактчи Дмитрий Крайневас лъазабуна, гьединаб хIукму диваналъ къабул гьабунин анлъго минуталда жанибин.

Гьединалго хIужжаби загьирлъун руго ПАРНАСалъ жидерго кандидатазул регистрация гьабизе хIалбихьарал Новосибирск, Кострома, Калуга областаздаги.

XS
SM
MD
LG