МагъчIваялъе рес

Россиялъул кIиго гражданав викъун вугин Украиналъул хасал хъулухъазин, лъазабулеб буго информалатаз


Украиналъул хасал хъулухъазул вакильзабаз Ростов областалдаса викъун вугин Россиялъул рагъулав Виктор Барсуковин, лъазабулеб буго Интерфакс агентлъиялъ.

Гьелъул лъазабиязда рекъон, гьев викъун вуго шамат къоялъ радал Чертково абураб бакIалдаса. Гьесдаго цадахъ гьез Украиналъул рахъалде вачун ун вугин гьесул вацин ва гьев рагъулав гурев, гIадатияв гражданав вугин, лъазабулеб буго Интерфаксалъ.

Украиналъул рахъалъ лъазабуна, гIорхаби цIунулез ккунин къануналде данде кколареб къагIидаялда гIорхъи бахунев вукIарав Россиялъул кIиго гражданавин. Гьез гIорхъи бахиналъул хIужа чIезабун бугин хасал аппаратазин, лъазабулеб буго Киевалъ.

XS
SM
MD
LG