МагъчIваялъе рес

ООНалъ лъикIаб къимат кьуна СШАялъ мигрантал къабул гьавулеб вукIиналъе


Цолъарал миллатазул гIуцIиялъ лъикIаб къимат кьуна Сириялдаса лъутизе ккаразул 10 азарго чи жидехъ къабул гьавиялда хурхараб Цолъарал Штатазул хIукмуялъе.

«Цолъарал Штатазда дагьалъги цIикIкIун гьабизе бажарулаан, жалго хвасар гьариялъе гIамал гьабулаго, гIагарал рукъзал тун лъутизе ккарал мигрантазе. Амма 10 азарго чи къабул гьабиялъул хIукмуги ккола битIараб нухде гьабураб кIудияб гали» - ян лъазабуна Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул лъутизе ккаразул ишазда сверун комиссар Уильям Шпиндлерица Женеваялда 11 сентябралда тIобитIараб брифингалда.

XS
SM
MD
LG