МагъчIваялъе рес

Гъабардагун Балкариялде рачIунел руго Сириялдаса иммигрантал


Гъабардагун Балкариялъул нухмалъиялъ лъазабуна, Кавказалде вачIанин Сириялдаса кIиазарго гIанав лъутизе ккарав ва гьез гьарулеб бугин чIезе бакIин.

Республикаялъул бетIерасул пресс-секретарь Юрий Коковас лъазабуна, лъутизе ккаразда гъорлъ аслияб къаг1идаялда ругин Сириялъул черкессалин.

Гьелда цебе Гражданияб жамгIият цебетIезабиялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул мажлисалъул гIахьалчи Максим Шевченкоца Россия аъ1ун бук1ана 50-азаргоялдаса 100-азаргоялде щвезегIан Сириялъул черкессав къабул гьариялде.

Аза-азар черкессал, убыхал, абхазал, абазинал лъутизе ккун рукIана жидерго ракьалги тун ГIагараб Машрикъалде 1884 соналдаса байбихьун 1884 соналде щвезегIан гIурус-турказул рагъда хадуб. Гьел аслияб кIагIидаялда гочана Сириялъул ракьазде.

Сириялда рагъ багъарилелда цебе гьениб гIумру гьабун букIана 80 азарго гIанав этникияв черкессас.

XS
SM
MD
LG