МагъчIваялъе рес

Белорусалда гьабуна президентасул хъулухъалде кандидатазул регистрация


Беларусалъул Централияб рищиязул комиссиялъ регистрация гьабуна улкаялъул президентасул посталде кандидатазул. Гьеб хъулухъалде рищиял улкаялда тIоритIизе руго 11 октябралда.

Гьанже нухмалъуда вугев Александр Лукашенко гуревги, рищиязда гIахьаллъизе руго казаказул атаман Николай Улахович, либерал-демократазул лидер Сергей Гайдукевич ва «БитIараб бице!» абураб гражданияб кампаниялъул хIаракатчIужу Татьяна Короткевич.

XS
SM
MD
LG