МагъчIваялъе рес

Россиялъ Украиналъул гIорхъода базе рагIула рагъулазул база


Россиялъ Белгород областалда Украиналъулгун гIорхъода аскIобехун балеб буго цIияб рагъулаб база.

Reuters агентлъиялъул баяназда рекъон, Украиналъул Луганск областалъул гIорхъодаса 25 километралъул манзилалда бугеб Солоти росда аскIоб балеб базаялъул ресал гIезе рагIула чанго азарго рагъуласе.

Интернеталда рахъарал тендералъул документазда рекъон, 300 гектаралъул территориялда базе ракIалда рагIула казармаби, гулла-хералъул складал ва цогидал объектал, Гьезул гIаммаб гIатIилъиги бахине рагIула анлъазарго кваратияб метралде.

Лъазабиязда рекъон, базаялда рукIине рагIула артиллериялъул ва гьаваялдаса гьужум нахъ чIвалел къуватал.

XS
SM
MD
LG