МагъчIваялъе рес

Роскомнадзоралъ байбихьана интернет-сурсатал къазе


Диваназул хIукмабазда рекъон, Роскомнадзоралъ миллионгун бащдаб чиясул интернеталда рахъарал сурсатал рагьиялъе нух къан буго.

Гражданазул фамилия, цIар, инсул цIар, гьавураб дата, адрес, телефон ва хIалтIул бакI бихьизабурал сурсатал, I сентябралъ рухIалде бачIараб «Персоналияб информациялъул хIакъалъулъин» абураб къануналда рекъон, росун руго гьеб къанун хвезабулезул реестралде.

Гьеб къануналда рекъон, къватIисел улкабазул компаниязда тIадаблъун бихьизабун буго гражданазул хIакъалъулъ информация Россиялъул территориялда цIуни.

РБК агентлъиялъ лъазабулеб буго, гьеб къанун хIалтIизе байбихьун хадуб, Россиялъул ВВП 0,27 проценталъ гIодобе ккезе бугин.

XS
SM
MD
LG